Matthew 2:16 — Compare Translations

1 translations compared side by side

Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
Дол цІвабзазул гІелму лъалел гІадамаз живго гуккаравлъи лъайдал, Гьеродил ццин гьалаглъана. Бетлегьем шагьаралдаги ва гьелда сверухъ ругел бакІаздаги кІиго соналде бахинчІеб бихьинабщинаб лъимер цо течІого чІвазе чагІи ритІана. ЦІвабзазул гІелму лъалел гІадамаз бицун, мухІканго лъан букІиндалха гьесда доб Лъимер гьабураб заман.