bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
2 Timothy 2
2 Timothy 2
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 3 →
1
Аллагьасул баркаталъул къуват-гуч гьарзаго щвезе ккола, дир вас, дуе. Гьеб нилъее щола МасихІ ГІисаде цолъиялдалъун.
2
ЦІакъго гІемерал нугІзал ругеб бакІалда дидасан дуда рагІанщинаб жо дуца бице божизеги бегьулел, цогидазда малъизе махщелги бугел гІадамазда.
3
МасихІ ГІисал ритІухъав рагъухъанас гІадин, гІазаб-гІакъуба хІехьезе хІадурго вукІа.
4
Чабхъеналда гІахьаллъарав рагъухъан магІишатиял ишазде машгъуллъуларо, жив бодулъе ахІарав цевехъан разилъизавизе хІаракат бахъула гьес.
5
Гугарухъанасеги бергьенлъиялъул гор щоларо, букІине кколеб къагІидаялъ гьев гугаричІони.
6
Гьединго гІетІ тІун хІалтІарав хурухъанасеги тІоцебе щвезе ккола хуриса бачІаралъул бутІа.
7
Дир рагІабазул пикру гьабе дуца. Кинабго бичІчІизе кумек гьабила дуе ТІадегІанас.
8
Давудил наслуялъул вас ГІиса МасихІ ракІалдаса ине виччаге. Гьев хваралъуса вахъиналъул бицунеб Рохалил хабар тІибитІизабулеб буго дица.
9
Гьеб сабаблъун гІазаб буго дие — такъсирчиясда кинигин, рахсал ран руго. Амма Аллагьасул каламалда рахсал разе кІоларо!
10
Гьединлъидал дица кинабго хІехьолеб буго тІаса рищаразе гІоло — МасихІ ГІисаде цолъун, гьезие абадияб къудратги хвасарлъиги щвезе.
11
ЦІакъ ритІухъал рагІаби руго: Гьесда цадахъ нилъ хун ратани, Гьесда цадахъ чІагоги рукІина,
12
Нилъеца хІехьолеб бугони, Гьесда цадахъ парччахІлъиги гьабизе буго, Нилъеца Гьесдаса инкар гьабуни, Гьесги нилъедаса инкар гьабила,
13
Нилъеда божизе бегьичІониги, Гьесда божизе бегьула, Жинцаго жиндасаго инкар гьабизе кІоларелъул Гьесда.
14
Гьездаги ракІалде щвезабе гьеб. Аллагьасда цебе кидаго кьварун лъазабе гьезда гьодорал рагІабазул рахъалъ дагІба-къец гьабугейилан. ГІенеккаразе гьелдасан, къосин гурони, пайда гьечІо.
15
Мун гІазаб-гІакъуба хІехьарав чи вугелъул, кІвараб хІалалъ хІаракат бахъе Аллагь разилъизавизе. ЗахІматалдаса намуслъизе бакІ гьечІев ва хІакъаб рагІи гурони бицунарев хІалтІухъанлъун вукІа.
16
Иман гьечІел ва гьодорал харбал рикІкІад гьаре. Гьез гІадамал Аллагьасдаса цІакъго рикІкІалъизарула.
17
ГьересинасихІатчагІазул рагІаби тІиритІула, чорхол цо лага хьордони, цогидал лугбуздеги гьеб бахунеб гІадин. Гьединазда гьоркьор руго Гименейги Филетги,
18
— гьел хІакъаб нухдаса тарун руго ва гьез абулеб буго гІалам гьанжего хваралъуса бахъун бугилан, гьелдалъун цо-цоязул божи-иман кІалагъоркье чІвалеб буго.
19
Амма Аллагьас тІамураб кьучІ щулияб буго, кьуричІого чІун буго, «Аллагьасда жиндиралго лъала» ва «БетІергьанасул цІар рехсаравщинав чи квешлъиялдаса рикІкІалъе!» абурал рагІабазул мугьруги буго гьеб кьучІалда.
20
Бечедаб рокъоб, гІарац-меседалъул гуребги, цІулал ва щагІил цІарагІги букІуна. Гьезул цояздасан щибаб къойил пайда босула, цогидал тун рукІуна бертин-тоялъул къоялъ къватІире рахъизе.
21
Квешабщиналдаса вацІцІад чІарав чи релълъуна гьединаб, цо хирияб къоялъе къачІан бугеб цІарагІалда. Гьеб бацІцІадго хутІула, бетІергьанасе гьелдаса пайда бахуна ва лъикІалщинал ишазе ярагьуна.
22
ГІолохъанаб мехалда рекІелъе лъугьунел квешал къасдаздаса рикІкІалъе. РакІбацІцІадго ТІадегІанасе тІагІат-гІибадат гьабулезда цадахъ хІаракат бахъе ритІухълъи, божи-иман, рокьи ва рекъел нужелъго хутІизе.
23
ГІадалаб ва жагьилаб дагІба-рагІиялдаса рикІкІалъе, дуда лъала гьелъ кьалде рачунеблъи.
24
ТІадегІанасе хъулухъ гьабулев чиясда рекъараб гьечІо гьелда гьоркьов гІахьаллъизе. Гьев вукІине ккола киназдехунго ракІлъикІав, малъизе бажарулев ва сабруяв чи.
25
Жинде дандечІаразеги гьес хІеренго-хІалимго гьабизе ккола насихІат. Щиб лъалеб, жидеца гьабуралдаса рекІекълъизе тІамила Аллагьас гьел ва хІакъабщинаб лъаялде рачина.
26
Цинги гьел кантІила, илбисалъул амруялъе мутІигІлъиялдалъун гьел ккун рукІараб къорикьа рорчІила.
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 3 →
All chapters:
1
2
3
4