bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Colossians 2
Colossians 2
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 3 →
1
Нужееги, Лаодикеялда ругезеги, цогидал киданиги дир гьумер бихьичІел иман лъуразеги гІоло дун кигІан кутакалда къеркьолев вугевали нужеда лъазе бокьун буго дие.
2
Гьезул ракІал къвакІизе, цоцазе рокьун, цолъун рукІине, хІакъабщиналъул гІелму тІубанго бичІчІизе, бичІчІун хадуб, гьелда гьезул тІубанго ракІчІезеги бокьун буго дие. Гьеб мехалъ тІубанго загьирлъула Аллагьасул балъголъи — МасихІ!
3
ХІакълъунго МасихІилъин бугеб гІакълу-лъаялъул балъгояб хазина.
4
ЛъикІабилан кколеб хабар бицун, лъицаниги нуж гуккунгутІизе абулеб буго дица гьадин.
5
Дун гьенив гьечІониги, дир ракІ нуж киназдаго цадахъ буго. Дун вохун вуго нужер гІадлу-тадбиралдасаги МасихІиде бугеб щулияб божи-иманалдасаги.
6
МасихІ ГІиса нужерго ТІадегІанавлъун рикІкІун вугелъул, сундулъго гьесде цолъун хьваде.
7
МасихІ ккола нужер минаялъул кьучІги ва нужер гъотІол кьибилги. Нужеда малъараб къагІидаялъ божи-иман щулалъизабе, шукру гІемер гьабе.
8
Вореха, гІадамазул философиялъги гьодорал рагІабазги гуккун, лъицаниги нуж къосинаризе гурин. Гьеб кинабго МасихІидасан бачІараб гуро, гьеб бачІун буго гІадамазул гІадатал цІуниялдасан ва тІабигІиял къуватазе лагълъи гьабиялдасан.
9
Нужеда лъан букІа: МасихІил чорхолъ гІадамазе тІубанго загьирлъана кинабго бичасулабщинаб.
10
Гьесде цолъарал нужее щвана хІакъаб гІумру гьабизе рес. ХІакълъунго гьесухъ буго дуниял-гІаламалъул хІакимзабилъун ругелги ханзабилъун ругелги киналго рухІазул кверщел.
11
Гьевгун цолъиялдалъун нужги лъугьана сунат гьабурал чагІилъун. Амма гІадамаз гьабулеб гІадинаб сунат гуребха гьеб. Нужер чорхолъ ругел мунагьазул лагълъиялдаса МасихІица тархъан гьари лъугьана нужее сунат гьабилъун.
12
Нуж лъадалъ ччун рахъи кколаан МасихІида цадахъ хабалъ рукъиги ва гьесда цадахъ хваралъуса рахъинги. Гьев хваралъуса вахъинавурав Аллагьасул хІалкІолъиялда божидалха нуж.
13
Хварал чагІи кколаан цере нуж, мунагьазул цІун рукІиндал ва нужее сунат гьабун букІинчІелъул. Амма Аллагьас, мунагьалги чурун, МасихІида цадахъ нилъ чІаголъизаруна.
14
Мусал къанун цІуничІолъиялдалъун нилъеда тІад букІараб тІолабго налъиги Аллагьас тІаса рехана. МасихІил хъанчида тІад хвезабуна гьес гьеб налъи.
15
ХІакимзабилъун ругелги ханзабилъун ругелги рухІазул кодоса ярагъ бахъана гьес, халкъалда цереги суризаруна ва инжитго тІад малги чІана.
16
Гьединлъидал квана-гьекъеялда, моцІ цІилъиялда ва шамат къоялда хурхарал, гьединалго цогидалги киналалиго байрамазул къанун нужеца хвезабулеб бугилан лъицаниги гІайиб чІвагеян абе.
17
Гьел киналго нилъее рихьизарун рукІарал къанунал кколаан хадуб бачІине бугелъул рагІад. Амма хадув вачІарав МасихІ рагІад гуро!
18
Рихьдаего гІодоре риччан чІолезги малаикзабазе лагълъи гьабулезги нужеда гІайиб чІвагеян абе. Жидедаги хІикмат бихьанилан чІун, жидерго инсанияб гІакълу-лъаялдаса чІухІун, гаргадулел чагІи руго гьел.
19
МасихІидаса ратІалъун руго гьел. Черхалда кверщел бетІералъ гьабулеб гІадин, МасихІихъги буго киналъулго кверщел. ЩукІдуз лугби цолъизарун, цо черх лъугьунеб гІадин, нилъ цолъизарун цого черх лъугьинабуна МасихІица, Аллагьасе бокьухъе кІудияб гІела гьеб.
20
МасихІида цадахъ хун, дуниялалъул кверщел кодосел рухІазул лагълъиялдаса тархъанлъарал нужеца щай гьабизе кколеб дуниялалда ругезулго гІадинаб гІумру?
21
«Квер хъваге», «кванаге», «кодобе босуге» гІадинал къанунал щай нужеца цІунизе кколел?
22
ГІадамаз ургъарал руго гьел амруги къанунги. Цо дагьаб мехалъ нилъеца пайда босулел, цинги тІагІун унел жалазда хурхарал руго гьел.
23
Кколарелъе лагълъи гьабизе тІамиги, рихьдаего гІодоре риччан чІейги, черх квегъиги гІакъилаб жойилан ккола гьезда. Амма нилъер чорхол гьаваялъ гьесизарулел мунагьазда данде рагъизе кумек гьабуларо гьелъ.
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 3 →
All chapters:
1
2
3
4