bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Galatians 4
Galatians 4
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 3
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 5 →
1
Дица гьадин абила: гьитІинаб лъимер вугеб мехалда ирсилав лагъасда релълъун вукІуна, жиндирго бечелъиялъул бетІергьан вугониги.
2
Инсуца цІараб болжалалде щвезегІан гьев вукІуна къайимзабазулги рукъалъул иш тІадкъаразулги кверщаликь.
3
Гьедин, лъималлъун ругеб заманалда нилъги рукІана дуниялалъул тІабигІиял къуватазул кверщаликь.
4
Амма, заман цІубараб мехалда, Аллагьас витІун вачІана чІужугІаданалъ гьавурав жиндирго Вас. Къануналъул кверщаликь гьавуна гьев —
5
Къануналъул кверщаликь ругелал тархъан гьаризе ва нилъ гьесул лъималлъун лъугьине.
6
Нилъ гьесул лъимал ругелъул, Аллагьас жиндирго Васасул РухІ нилъер ракІазулъе рещтІинабуна, ва гьеб РухІалъ ахІулеб буго: «Абба! Я дир Эмен!» — абун.
7
Гьединлъидал тІокІалъ мун лагъ гуро, вас вуго! Вас вугелъул, Аллагьасул бугебщиналъул ирсилавлъунги лъугьун вуго мун.
8
Нужедайин абуни, доб мехалда Аллагь лъалев вукІинчІо, — гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабулел хутІун рукІана нуж.
9
Гьанже, Аллагь нужеда лъараб, битІун абуни, Аллагьасда нуж лъараб заманалда, щайха нуж дол щибго гьабизе кІоларел ва пайда гьечІел къуватазде нахъеги тІадруссунел, нахъеги ва нахъеги гьезул лагъзаллъун лъугьунел?
10
Нужеца хирияллъун рикІкІунел руго цо хасал къоял, моцІал, лъагІалил заманаби ва лъагІелал.
11
Дун хІинкъун вуго нужее гІоло гьабщинаб захІмат баччи гІададацин гуродай дир ккарабилан.
12
Дица нужеда цІакъ гьарулеб буго, вацал, дида релълъун лъугьаян, нужеда релълъун дунги лъугьун вугелъулха. Нужеца дун сундалъунниги къварид гьавичІо.
13
Цебе нужеда Рохалил хабар бицине рес рекъеялъе сабаблъун ккана дир черх загІиплъун букІин. Нужеда гьеб лъала.
14
Дида бугеб хІалалъухъ балагьун щакдаризе кколел рукІаниги, нужеца дун инжитго нахъчІвачІо. Нужеца дун къабул гьавуна Бичасул малаик гІадин ва ГІиса МасихІ гІадин.
15
Доб мехалда нужер ракІазулъ букІараб талихІ-рохелалъул асар кибе араб? Дица ракІчІун абила: бахъун берги кьелаан нужеца добмехалда дие.
16
ХІакъабщинаб нужеда бицун хадуса, гьанже нужер тушманлъунищха дун ккарав?
17
Гьал цогидал гІадамал рекІелъ квешал къасдалгун хурхун чІун руго нужеда, нуж дидаса ратІа гьаризе ва нужги гьезда хурхун чІезе.
18
Гьедин (дун нужеда аскІов вугеб мехалъ гуребги) хурхун чІей лъикІаб иш бугоан, лъикІал къасдалгун бугебани гьеб.
19
Я дир лъимал, лъимер гьабизе хІара чІварай эбел гІадин лъугьун вуго нуж сабаблъун дун гьанжеги. Гьедин дун хутІила МасихІил сипат нужелъе лъугьинегІан.
20
Дие цІакъ бокьилаан гьанже нужеда цадахъ вукІине, батІияб къагІидаялъ нужгун кІалъазе. Дун нужеда хІинкъун вугелъулха!
21
Ле, нуж Къануналъул кверщаликь хутІизе бокьарал гІадамал! Къануналъ щиб бицунеб бугебали рагІарабищ нужеда?
22
Гьениб хъван буго: Ибрагьимил вукІана кІиго вас — лагъалъ гьавурав цо, узденалъ гьавурав — цогидав.
23
Лагъалъул вас гьавуна цогидалго гІадин, узденалъул вас гьавуна — Аллагьас рагІи кьун букІиндал.
24
Гьелъулъ буго магІна гъваридаб гІаламат: гьей кІияйго чІужугІадан ккола Аллагьасул кІиго къотІи.
25
ГІарабустаналда бугеб Синай магІардасан бачІараб къотІиялъул гІаламатлъун ккола Гьажар. Лагълъун йикІаго гьаруна гьелъ лъимал. Гьединлъидал гьей релълъуна гьанжесеб Иерусалималда, — гьебги гьелъул гІадамалги лагълъиялда руго.
26
Нилъее эбеллъун кколеб Зобалазул Иерусалим эркенлъиялда буго.
27
ТІехьалда бугелъулха: «Йо, лъимер гьабуларей чІужугІадан, йоха-хинлъун йикІа мун. Лъимадул хІара чІван унти лъачІей мун йохун ахІдезе-чІчІичІчІидизе лъугьа. Рос вугелъулалдаса цІикІкІун руго рехун таралъул лъимал».
28
Нужни, вацал, ИсхІакъго гІадин, Аллагьас кьураб рагІиялда рекъон гьарурал лъимал руго.
29
Цогидалго гІадин эбелалъ гьавурав васас къварилъи гьабулеб букІана Аллагьас кьураб рагІиялда рекъон гьавурав васасе доб заманалда. Гьедин буго гьанжеги.
30
ТІухьдуз щибха абулеб бугеб гьелъул хІакъалъулъ? «Лагъги гьелъ гьавурав васги нахъе рачахъе, узденалъ гьавурав васасда цадахъ ирс щоларо лагъалъ гьавурав васасе».
31
Гьединлъидал, вацал, нилъ лагъалъул лъимал гуро, узденалъул лъимал руго!
← Chapter 3
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 5 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6