bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
James 5
James 5
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 4
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
1
Гьанже дихъ гІенекке нуж, бечедал чагІи! Нужеде бачІинехъин бугеб балагьги-гІазабги лъан, гІоде нуж, чІчІичІчІиде нуж!
2
Нужер бечелъи турун тІагІун буго, нужер ретІелги ицица кванан буго.
3
Нужер гІарац-меседалдаги кьаву чІван буго. Гьеб кьавуялъ нужеда данде нугІлъи гьабила ва, цІадуца гІадин, рухІила гьелъ нуж. Дуниял ахиралде ккараб мехалда бакІарана нужеца гьеб хазина!
4
Хур лъилъаралъухъ кьезе кколеб букІараб мухь нужеца кватІизе тедал, хІалтІухъабазул бо нужеда данде нугІлъиялъе бахъун буго. Гьезул ахІи Къудратав БетІергьанасда рагІун буго.
5
Дуниялалда нужер гІумру гьарзаяб букІана, гІумруялдаса нужеца лазат-кепги босана, — хъвезе хьихьана нужецаго нужго!
6
Нужеде данде квер борхичІев муъминчи, судги гьабун, чІвана нужеца.
7
Гьанже, вацал, ТІадегІанав тІадвуссун вачІинегІан сабруялда чІа. Гьедин чІола векьарухъан жиндирго хуриса гьесие цІакъ къиматаб-хирияб хІалухъен бачІинегІан. Ихдалилги хасалихълъиялъулги цІадал ран рахъинегІан сабруялда чІола гьев.
8
Нужецаги сабру гьабе, къвакІун чІа, ТІадегІанав вачІунеб заман гІагарлъулеб буго.
9
Нужее суд гьабичІого хутІизе цоцаздасан гІарзал гьаруге, вацал. Гьале, Судияв нуцІихъе щун вуго!
10
Аллагьасул цІаралдасан халкъалъе хабар бицарал аварагзабаздасан мисал босе: гьезда гІемераб гІазаб-гІакъуба бихьана ва кинабго кІудияб сабруялда хІехьана гьез.
11
Гьардарал гурищилан абула нилъеца гьединаб гІемераб жо хІехьезе ккарал гІадамазул рахъалъ. Аюб аварагас хІехьарабщиналъул хІакъалъулъ рагІанагури нужеда, ахирги Аллагьас кин гьеб бецІарабалиги лъала нужеда. ГурхІулевги рахІмуявги вугелъул Аллагь.
12
Вореги, дир вацал, зобалхІайилан, ракьалхІайилан ва цогидабги гьаялдалъун гьедаруге нуж. Уйилан абизе бокьани, уйилан абе, гурилан абизе бокьани, гурилан абе. Гьедарани — тамихІалъе мустахІикълъула нуж.
13
Къварид вугес дугІа гьабе, лъикІ вугес, Аллагь веццун туркаби ахІе.
14
Унтун вугес жиндихъего ахІе иман лъуразул агьлуялъул бутІрул. ТІадегІанав ГІисал цІар рехсон, дугІа гьабила гьез, зайтуналъул нах бахина.
15
Божи-имангун гьабураб дугІаялъ унтарав сахлъула, БетІергьанас гьев тІаде вахъинавула, мунагь бугони, гьелдасаги тІасалъугьуна.
16
Гьединлъидал нужерго мунагьал цоцазе рице, цоцаца дугІадулъги рехсе, нужго сахлъизе. ВацІцІадав муъминчиясул дугІаялда гІемераб жо гьабизе кІола.
17
Иляс авараг вукІана нилъго гІадав чи. ЦІад багегийилан гьес гьарараб мехалъ, лъабго лъагІелгун бащдалъ цІад бачІо ракьалде.
18
Цинги гьес цоги дугІа гьабуна, — зодисан рахІмат рещтІана ва хурги бачІана.
19
[19-20] Масала, хІакъабщиналдаса гьетІарав нужер чи цогидас битІараб нухде ккезавуна. Мекъаб нухдаса гьев витІун ккезавурас мунагь гьабурасул рухІ цІунулеблъи ва гІемерал мунагьалги чурулеллъи лъай, дир вацал, нужеда!
← Chapter 4
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
All chapters:
1
2
3
4
5