bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Philippians 4
Philippians 4
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 3
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
1
Гьанже, дир хириял ва урхъарал вацал, дир рохелги чІухІиги руго нуж. ТІадегІанав ГІисал нухдаса кьуруге, хириял!
2
Эводиядаги гьарулеб буго дица, Синтихиядаги гьарулеб буго, ТІадегІанасе гІоло, рагІи данде ккезабейилан, яцал гІадин рукІайилан.
3
Дида цадахъ цо рукьалда ван вукІарав чи вугелъул, дудаги гьарулеб буго гьел рекъезаризе квербакъейилан. Клементица ва ГІумруялъул ТІехьалда жал рехсон ругел цогидал гІадамазго гІадин, гьей кІиялъгоги хІаракат бахъана дида цадахъ Рохалил хабар тІибитІизабизе.
4
ТІадегІанасде нуж цолъун рукІиналдаса роха кидаго! Цоги нухалъ абулеб буго: роха нуж гьелдаса!
5
Нужер сабруяб хІеренлъи киналго гІадамазда лъазе биччанте. ТІадегІанав нужеда аскІов вуго.
6
Сундулниги ургъел гьабуге. Аллагьасе рецц гьабун, нужеца гьаре, сунде хІажалъи нужер рекІелъ бижун бугебали дугІадулъ загьир гьабун.
7
Аллагьасдасан рещтІунеб ва гІадамасул гІакълу хадуб гІунтІуларебгІан тІадегІанаб хІалхьи-парахалъи лъугьина нужер ракІазулъе. МасихІ ГІисал нухдаса таруларедухъ цІунила гьелъ нужер ракІалги пикрабиги.
8
Ахиралдаги, вацал, нужер рекІелъ рукІине риччанте хІакъабщиналъулги, къадруябщиналъулги, ритІухъабщиналъулги, бацІцІадабщиналъулги, гьайбатабщиналъулги, мустахІикъабщиналъулги, — кинабго лъикІабщиналъул ва беццизе рекъарабщиналъул пикраби.
9
Дидасан нужго ругьунлъарабги, нужеда лъарабги, рагІарабги, бихьарабги гьабе нужеца. Ракълиде рачунев Аллагь вукІина нужеда цадахъ.
10
ГІемераб заманаялдасан нужеда нахъеги ракІалде щведал, ТІадегІанасде цолъун, кутакалда вохана дун. Дие кумек гьабизе рес ккечІолъи гурони, гьанжелъагІанги нужеда кІочон тун вукІинчІевлъи лъала дида.
11
Сундениги хІажат вукІун гуро дица гьедин абулеб бугеб, — кинаб ахІвал-хІалалде кканиги, гьелдаса ракІ разилъизе ругьунлъун вуго дун.
12
Мискинлъиги бихьана дида, бечелъиги бихьана. ГІорцІиялдаги ракъиялдаги ва гьарзалъиялдаги гьечІолъиялдаги гъорлъ ччун вахъарав чи вуго дун.
13
Кинабго хІехьезе къуват кьуна ТІадегІанас дие.
14
Кин бугониги, гьаб къварилъиялда вугев дие нужеца кумек гьаби лъикІ ккана.
15
Нужеда — Филиппиялъул гІадамазда — лъикІго лъала, Македониялдаса араб мехалъ, цохІо нужедасан гурони, иман лъуразул цогидаб агьлуялдасан дие хайирги заралги букІинчІеблъи. Гьеб букІана Рохалил хабар тІибитІизабизе байбихьараб заман.
16
Фессалоникаялда дун къваридго вугеб мехалдаги чанги кумек гьабуна нужеца дие.
17
Лъилниги сайигъат бокьун гуро гьадин абулеб бугеб, нужее гьелъул кири щвезе бокьунин!
18
Нужеца Эпафродитихъ битІун бачІарабги кинабго щвана дихъе. Гьанже кинабго гІунги тІокІ буго дир. Биччанте нужер рахъалдасан гьеб букІине Аллагь разилъулеб къурбанлъун, махІ гьуинаб кьеккенлъун.
19
Жиндирго гьарзаяб хазинаялдасан къваригІанщинаб кьеги дир хирияв Аллагьас нужее, гьелдалъун МасихІ ГІиса кІодолъи загьирлъизе.
20
Абадул абадиялъго рецц буго нилъер Эмен — Аллагьасе! Амин!
21
Салам бице МасихІ ГІисаде цолъун рацІцІалъарал киназдаго. Гьанир дида аскІор ругел диналъул вацазул салам буго нужеде.
22
Нужеде салам буго киналго рацІцІалъаразул, хасго къайсарасул кІалгІаялъур ругезул.
23
ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркат лъеги нужер гІумруялда!
← Chapter 3
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
All chapters:
1
2
3
4