bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Titus 2
Titus 2
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 3 →
1
БацІцІадаб диналда рекъон насихІат гьабе дуца.
2
Херал бихьинал рукІине ккола гІорхъи-рахъ цІунарал, цІодорал, тІокІал жал гьаруларел, божи-иманги, рокьиги ва сабруги бугел.
3
Гьединго херал руччаби рукІине ккола вализабазул гІадаб хьвада-чІвадиялъул, жидеца мацІги гьабуларел, чогърое лагълъиги гьабуларел ва лъикІабщинабги малъулел.
4
[4-5] Жидерго росалги лъималги рокьейилан, тІокІал жалги гьаругейилан, рацІцІадгоги хьвадейилан, рукъалъул хІалтІиги гьабейилан, россабазе мутІигІал лъикІал лъудбилъунги рукІайилан гІолохъанал руччабаздаги бичІчІизабизе ккола гьез, Аллагьасул калам гъоз какунгутІизелъун.
6
Гьединго гІолохъабаздаги малъе тІокІал жал гьаругейилан.
7
ЛъикІал ишаздалъун дуца сундулъго мисал бихьизабе, — мун вукІине ккола къадру-къимат борхарав ва бацІцІадаб гІамал-хасияталъул насихІатчилъун.
8
Каламги дур букІине ккола кьучІаб ва тІад кІалъазе бакІ гьечІеб, нилъер хІакъалъулъ абизе квешаб рагІиги батичІого, нилъеда дандечІаралал инжитлъулеб.
9
Лагъзадерида бичІчІизабе жидерго бетІергьабазе мутІигІлъизе ва гьел рази гьаризе кколилан, гьезул рагІи къотІугейилан,
10
гьезие цІогь гьабугейилан ва сундулъго лъикІаб божилъи бихьизабейиланги, — гьелдалъун лагъзадерица берцинлъизабила нилъ хвасар гьарулев Аллагьасул малъи.
11
Киналго гІадамал хвасар гьаризе Аллагьасул баркат рещтІун бугелъулха.
12
Гьелъ малъулеб буго, Аллагьасда божунгутІиги дуниял хиралъиги нахъчІван, гьаб гІасруялда нилъ хьвадейин: ритІухълъиги цІунун, Аллагьасукьаги хІинкъун ва тІокІал жалги гьаричІого.
13
Нилъ ралагьун чІун ругелъулха ТІадегІанав Аллагьасул ва нилъ хвасар гьарурав МасихІ ГІисал къудрат рещтІинилан хьул бугеб баркатаб къо бачІиналъухъ.
14
Квешабщиналдаса хвасарги гьарун ва рацІцІалъизеги гьарун, лъикІабщиналде гъира бугеб жиндирго хасаб халкълъун нилъ лъугьинаризелъун живго рецІалие кьуна МасихІица.
15
Дур тІолабго ихтияралдаса пайдаги босун, гьеб кинабго бице, бичІчІизабе ва къосунел ругелалги чІезаре. Гьез мунго рикІкІунгутІизе биччаге.
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 3 →
All chapters:
1
2
3