bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
1 Peter 2
1 Peter 2
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 3 →
1
Гьанже кинабго квешлъиги, хІилла-рекІкІги, ххвелал гьариги, жахІда-хІусудги, мацІги рехун тун,
2
гьабсагІат гьабураб лъимер гІадин, нужги гІедегІе бацІцІадаб рухІанияб рахьдаца къеч буссинабизе, гьеб гьекъон нужго кІудиял гІезе ва хвасарлъизе.
3
БетІергьанасул рахІму-цІоб щибали лъайдалха нужеда!
4
Къадалъ лъезе ярагьунарилан гІадамаз нахъе рехараб, амма Аллагьас тІаса бищараб, къиматаб ва чІагояб ГанчІихъе рачІа нуж.
5
Нужгоги чІагоял ганчІаллъун ругелъул, нужгоги къадалъ лъун балеб буго мукъадасаб рукъ. Гьенир нуж рукІина Аллагьас тІаса рищарал кашишаллъун, ва ГІиса МасихІидалъун Аллагьас къабул гьарулел илагьиял къурбаналги кьела нужеца.
6
ТІехьалда буго: «Гьале дица Сионалда лъолеб буго тІаса бищараб, цололъ рекъолеб ва къиматаб гамачІ. Гьеб ганчІида божарав чиясул ракІбухІиларо».
7
Божи-иман бугел нужее къиматаб буго гьеб. Божуларезени — «Къадалъ лъезецин ярагьунарилан къадахъабаз нахъе рехараб гамачІ битІахъе цололъ лъун буго».
8
Цогиги: «ГІадамазул хІетІе тункулеб гьецІо ва гьел гІодор ккезе гьарулеб гамачІ». Аллагьасул каламалъухъ гІенеккуларелъулин гьезул хІетІе тункулеб, — гьединаб къадарлъидалха гьезие хъван букІараб.
9
Нуж руго тІаса бищараб агьлу — Зобалазул ПарччахІасул кашишзаби, мукъадасал гІадамал, Аллагьасул жиндирго халкъ. Гьес бецІлъиялдаса нуж жиндирго гьайбатаб нуралде ахІана жиндирго чІахІиял ишазул хІакъикъат тІибитІизабизе.
10
Цере нуж цо халкъ букІинчІо, гьанже нуж Аллагьасул халкъ ккола. Цебе нужеда цІоб лъун букІинчІо, гьанже нужеда цІоб лъун буго.
11
Гьаб дуниялалъул рокъор нуж нухлулалги апарагзабиги ругелъул, дица нужеда гьарула, хириял, нужер рухІалда данде багъулеб чорхол гьаваялдаса напс цІуне.
12
Мажусиязда гьоркьор цІакъго лъикІ хьвадизе ккола нуж, нужеца квешлъи гьабунилан гьез нужеда гІайиб чІвараб мехалъгицин, жидее лъикІлъи гурони гьабичІин нужецайилан мукІурлъун, ГІиса МасихІ ракьалде вачІараб къоялъ гьез Аллагьасе рецц гьабизе.
13
ТІадегІанасе гІоло мукІурлъе нуж инсанасдасан бугеб кверщелалъе — бищунго кІудияв вугелъул, къайсарасул амруги тІубазабе.
14
Квешлъи гьабулезе тамихІ гьабизе, лъикІлъи гьабулезе шапакъат кьезе гьес тІад тарал наибзабазеги мукІурлъе.
15
Аллагьасул амру буго лъикІал ишаздалъун нужеца гІабдалзабазул жагьилаб кІал къазабеян.
16
Эркенаб гІумру гьабе нужеца, амма гьеб эркенлъи квешлъиялъе хІалтІизабуге, — Аллагьасул лагъзаллъун рукІа.
17
Киназулго адаб-хІурмат гьабе, диналъул вацал рокьа, Аллагьасукьа хІинкъа ва къайсарасул къадру-къимат гьабе.
18
Гьединго нужги, лагъзал, нужерго бетІергьабазул адаб-хІурмат гьабун, гьезие мутІигІлъе, — гурхІарал-хІалимал гьел ругониги, хъачІал ругониги.
19
ГІайиб гьечІого тамихІалда гъоркье ккедал Аллагьги рекІелъ цІунун гІазаб-гІакъуба хІехьарасдаса Гьев разилъула.
20
Нужерго квешлъи сабаблъун рухулеб мехалъ гІакъуба хІехьонилан цІар щоларо. Амма лъикІлъи сабаблъун гІазаб-гІакъуба хІехьарасдаса Аллагь разилъула.
21
Нужее гІоло МасихІица гІазаб-гІакъубаги хІехьедал, нуж нахърилълъине мисалги бихьизабидал, гьесул нухдасан ине ккола нуж.
22
Гьесда цохІониги мунагь букІинчІо, гьересиги гьесул кІалдиб батичІо.
23
Инжит-къабихІ гьавулел рагІаби жинда абуниги, инжитаб-къабихІаб рагІи данде рехичІо гьес. ГІазаб-гІакъуба хІехьезе кканиги, бихьилин-рагІилин хІинкъиги кьечІо, ритІухъаб суд гьабулев Аллагьасул кверщаликье кьуна живго.
24
Нилъер мунагьал гьес жиндирго чорхолъ хъанчалда тІаде росун ана, мунагьазе нилъ хвараллъун рукІине, амма ритІухълъиялъе — чІагояллъун хутІизе. Гьесда лъурал ругъназдалъун нилъер чурхдул сахлъана.
25
АхІун риччарал чахъаби гІадин рукІарал нуж гьанже Вехьасда аскІоре тІадруссана, нужер рухІал цІунулесухъе рачІана.
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 3 →
All chapters:
1
2
3
4
5