bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
1 Peter 4
1 Peter 4
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 3
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 5 →
1
Жиндир черхалъ гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккараб мехалда МасихІил рукІарал гІадинал пикрабаз нужерго ракІал къвакІизаре, — черхалъ гІазаб-гІакъуба баччизе ккарас мунагьазде мугъ рехулелъулха,
2
хутІараб гІумру, чорхол гьаваялъе бокьухъе гуреб, Аллагьасул амруялги тІуразарун, тІамизелъун.
3
Мажусиязе бокьулеб куцалда, пасалъиялдаги чорхол гьаваялдаги хадур ун, гьекъолдулаго, гьакълил рокъоса къватІире рахъинчІого кеп-гІоркьалда ва гьересиаллагьзабазе инжитаб-къабихІаб гІибадат гьабулаго тІамураб гІеларищ нужеца цебехун букІараб гІумру?
4
Жидерго гьел гІасиял ишазулъ нуж гІахьаллъунгутІиялда гІажаиблъи гьабун гьез нуж какулел руго.
5
Амма чІагоязеги хваразеги суд гьабизе къачІан вугесда цебе жаваб кьезе ккелебха гьез.
6
Кинабгоги рижиялъе гІадин, жидееги суд гьабун букІарал хвараздаги Рохалил хабар лъазабуна, хварал чагІигицин, Аллагь гІадин, хвел гьечІеллъун лъугьине.
7
Гьаб дуниял ахирлъулеб буго. Аллагьасе гьари-дугІа гьабизе бажарулеб хІалалда цІодорго чІа, ригьун рукІа.
8
РакІ-ракІалъго цоцазе рокьа. Гьеб буго аслияб жо — рокьиялъ гІемерал мунагьал рахчула.
9
Нодо букІкІинчІого гьабе цоцазе гьоболлъи.
10
Аллагьас нужер щивав чиясе кьураб баркатаб гьунар цоцазе пайдаялъе хІалтІизабе, батІи-батІиял хъулухъазде тІамурал лъикІал чагІаз гІадин.
11
КІалалда гьунар бугес вагІза-насихІат гьабе, хъулухъалъе гьунар бугес, Аллагьас жиндие кьураб къуват-жаналда рекъон, хъулухъ гьабе, — нужеца гьабулебщиналъухъ гІадамаз, абадул абадиялъ жиндир реццги къудратги тІаса ине гьечІев ГІиса МасихІил цІарги рехсон, Аллагьасе рецц гьабизе. Амин!
12
ЗахІматаб-къваридаб къо тІаде бачІунилан гІажаиблъи гьабуге, дир хириял, нужеца, хІикматаб иш лъугьанилан ракІалдеги ккоге.
13
МасихІие букІараб гІадаб гІазаб-гІакъуба нужееги насиблъиялдаса рохун рукІа нуж, гьесул къудрат загьирлъараб къоялъ рохуца холел рукІине.
14
Гьардарал гурищ нуж, МасихІиде иман лъей сабаблъун инжит-хІакъир гьарулел ругел, Аллагьасдасан рещтІараб къудраталъул рухІ нужелъе лъугьун бугелъулха!
15
Бидуласе, цІогьорасе, яги цогидав такъсирчиясе, ялъуни мацІихъанасе букІунеб тамихІалъул гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккогеги нужер цонигияс.
16
Амма гьеб кинабго христианав вукІин сабаблъун кколеб бугони, намуслъизе ккеларо. МасихІил агьлуялъул вугилан Аллагьасе рецц гьабе.
17
Иман лъуразул агьлуялдасан байбихьун, киназего Аллагьас суд гьабулеб заман тІаде щун буго. Гьес нилъедасан байбихьи гьабулеб бугони, Аллагьасул Рохалил хабаралда божичІезул ахир кинабдай букІина?
18
ТІехьалда буго: «Муъминчиясегицин хвасарлъизе захІмалъулеб мехалда, иман гьечІев мунагьчиясул щибдай ккела?» — ян.
19
Гьединлъидал Аллагьасул къадаралдалъун гІазаб-гІакъубаялда ругез лъикІлъи гьабичІого тоге, нилъ Рижарасул ва РагІи холаресул амруялда разилъун чІа.
← Chapter 3
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 5 →
All chapters:
1
2
3
4
5