bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
1 Thessalonians 2
1 Thessalonians 2
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 3 →
1
Нужедаго лъала, вацал, ниж гьенире рачІин гІадада ккечІеблъи.
2
Гьенире рачІиналде Филиппиялда нижее кьураб гІазабги гьабураб инжитлъиги лъала нужеда, бугониги гьениб кутакаб дандечІейги къинабун, нижеца иман лъурав Аллагьас нижер ракІал къвакІизаруна, гьесдасан бачІараб Рохалил хабар нужееги бицине букІине.
3
Нижер рагІабазулъ я гьереси, я хъублъи, яги рекІкІ гьечІо.
4
Рохалил хабар тІибитІизабизе мустахІикъал гІадамаллъун Аллагьас ниж рикІкІиндалин нижер рагІаби гьединал ругел. ГІадамал разилъи гуреб, нижер ракІазул хІалбихьулев Аллагь разилъи буго нижер мурад.
5
Гьересияб рецц-бакъалъул рагІабигун рачІинчІо ниж гьенире, ва боцІи-рикъзиялде хъантІиги бахчун букІинчІо нижер рагІабазулъ. Гьеб нужедаги лъала, Аллагьги вуго гьелъие нугІлъун.
6
Нижеца гІадамаздаса рецц-бакъ тІалаб гьабичІо — я нужедаса, яги цогидаздаса.
7
МасихІил чапарзаби ругилан нужер гьодиде гьир ккезабизе бегьилаан нижеца. Амма каранда хахулеб лъимер бугей эбел гІадин, цІакъ хІеренго хьвадана ниж нужеда гьоркьор.
8
Нуж нижее цІакъ рокьана! Рохалил хабар нужехъе кьей гуребги, нужее гІоло рухІ кьезеги разилъилаан ниж. ГьедигІанги хиралъана нуж нижее.
9
Нужеда ракІалда батила гьениб нижеда бихьараб захІмат-гІакъуба: нужер лъиданиги тІад раччун рукІинарилан, къаси-къад чІечІого хІалтІана нижерго бетІербахъиялъе ва нужеда Илагьияб Рохалил хабарги лъазабуна.
10
Нужги Аллагьги нугІзаллъун руго иман лъурал нужедехун нижер букІараб ракІбацІцІалъиялъеги, ритІухълъиялъеги, гІайиб-хатІа ккезе биччачІолъиялъеги.
11
[11-12] Гьединго нужеда лъала, нуж жиндирго ПарччахІлъиялъулги машгьурлъиялъулги бутІа босизе ахІарав Аллагь разилъиледухъ хьвадейилан, инсуца васасда гІадин, нужер щивасда нижеца бицараблъи, гьарараблъи, ракІгьесизабураблъи.
13
Нижеца кидаго Аллагьасе рецц гьабула, нижеца нужеда Аллагьасул рагІи бицараб мехалъ, гьелъухъ гІенеккун, нужеца гьеб инсанасулаблъун гуреб, Аллагьасулаблъун къабул гьабидал. Гьединаб бугизеги буго гьеб. Божи-иман букІиналъин Аллагьасул ишал нужелъ загьирлъулел.
14
Аллагьасде ва ГІиса МасихІиде иман лъуразул Ягьудиялда ругел жамагІатазе ккараб ккана, вацал, нужееги, Ягьудиялъул жугьутІаз гьезие кьураб гІадинаб гІазаб-гІакъуба кьуна нужееги нужерго халкъалъ.
15
ЖугьутІаз чІвана ТІадегІанав ГІисаги аварагзабиги, нижги гьез нахъе гъуна. Аллагьги гьез рази гьавуларо, киналго гІадамазда дандечІунги руго гьел!
16
Хвасарлъулеб хабар цогидал халкъазда бицине нижее квекІен гьабуна жугьутІаз. Гьелдалъун тІубанго камиллъана кидаго гьез гьарурал квешлъаби! Ахирги Аллагьасул ццин бахъин рещтІана гьезде.
17
Доб мехалъ нужедаса ратІалъизе ккедал, — нижго рикІкІалъаниги, ракІалда нужгун рукІиндал, — нуж рихьизе дагьабги цІикІкІун хІаракат бахъулеб букІана, вацал, нижеца.
18
Гьединлъидал нужехъе рачІине къачІан рукІана ниж, — дун Павелги чанцІулго къачІан вукІана, — амма илбисалъ квалквал гьабуна нижее.
19
Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ вачІараб мехалъ, гьесда цебе, нуж гурони, щал нижее кколел нижер хьуллъунги, рохеллъунги ва рецц-бакъалъул тажлъунги?
20
Нуж руго нижер чІухІиги рохелги!
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 3 →
All chapters:
1
2
3
4
5