bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
1 Thessalonians 4
1 Thessalonians 4
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 3
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 5 →
1
Ахиралдаги, вацал, нижедасан ругьунлъараб къагІидаялъ, гьанжелъизегІан хьвадаралго гІадин, гьанжеялдаса хадурги нуж Аллагь разилъиледухъ дагьалги лъикІ хьвадейилан ТІадегІанав ГІисал цІаралдалъун гьарулеб буго нижеца нужеда.
2
Нужеда лъала ТІадегІанав ГІисал амруялдалъун нижеца нужеда малъарабщинаб:
3
Аллагьасе бокьун буго нуж рацІцІадго хьвадизе,
4
нужер щивав чияс чІужуялдехун ракІбацІцІалъиги намусги цІунизе,
5
Аллагь лъалареб халкъалъ гІадин, гьаваялда нахърилълъун, хъахІбалъи гьабунгутІизе.
6
Гьеб ишалъулъ диналъул вац гуккизе ва гьесие квешлъи гьабизе бегьуларо. Гьеб киналъухъго Аллагьас тамихІ-жаза гьабула. Гьелъул хІакъалъулъ нижеца нужеда гьенибги бицун букІана ва гьеб тІубачІого бегьуларилан лъазабунги букІана.
7
Аллагьас нилъ тІаса рищана, хъублъиги рехун тун, рацІцІадго хьвадизе.
8
Гьедин хьвадиларилан чІарав чияс инсанасдасан бачІаралде гуро мугъ рехулеб бугеб, нужеде Илагьияб рухІ рещтІинабурав Аллагьасдасан бачІаралдейин.
9
Нужерго диналъул вацал рокьейилан дица нужехъе хъвазе ккеларо, Аллагьас малъун нужеда лъалеб бугелъул нужго цоцазе рокьизе.
10
ТІолабго Македониялда ругел вацал рокьулелъулха нужее. Дица нужеда гьарулеб буго, вацал, дагьалги цІикІкІун цоцазе рокьейилан.
11
Цебеги нижеца нужеда лъазабун букІараб къагІидаялъ, нужерго ишги гьабун, гІодоре риччан ва нужерго квералъ бетІербахъиги гьабун рукІине хІаракат бахъе.
12
Гьебмехалъ цогидал гІадамазда гьоркьобги къадру-къимат борхила нужер ва лъидениги кколареб магІишатги букІина.
13
Хваразул хІакъалъулъги нужеда бичІчІизабичІого гІеларо, хваралъуса рахъиналде хьулго гьечІел цогидал гІадамалго гІадин, нужги пашманлъунгутІизе.
14
ГІиса хвеялда ва хваралъуса вахъиналда нилъ божулел гІадин, нилъ божула иманалда хварал гІадамал Аллагьас гьесда цадахъ жиндихъего рачине рукІиналдаги.
15
Гьаб нижеца нужеда малъулеб буго ТІадегІанасул рагІуда рекъон: ТІадегІанав вачІинегІан чІаго хутІаниги, хвараздаса цере ккеларо нилъ.
16
Аллагьасул буюрухъги рагІараб, кІудияв малаикас гьаракьги гьабураб ва Илагьияб ссурги пураб мехалъ живго ТІадегІанав рещтІина. Ва МасихІиде иман лъун хварал гІадамал тІоцере рахъина тІаде.
17
Цинги нилъ — чІаго хутІаралги гьезда цадахъ Аллагьас накІкІазда аскІоре зобалазде ракІарила ТІадегІанасда дандчІвазе. Гьедин абадиялъго нилъ ТІадегІанасда цадахъ рукІина.
18
Гьеле гьел рагІабаздалъун цоцазул ракІбатизабе нужеца.
← Chapter 3
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 5 →
All chapters:
1
2
3
4
5