bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
2 Peter 2
2 Peter 2
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 3 →
1
Амма ГІизраилалъул халкъазда гьоркьор гьересиаварагзаби рукІаралго гІадин, нужеда гьоркьорги рукІине руго гьересинасихІатчагІи. Гьез нужехъе балъгого росун рачІина кина-щинабго щущазабулел гьерсал. Гьез инкар гьабизе буго жалго тархъан гьарурав ТІадегІанав ПарччахІасдаса, гІасияб гІажал жидедаго тІаде хехгого цІазе буго.
2
ГІемерисез мисал босила гьезул пасалъиялдаса, ва гьеб бихьидал гІадамал хІакъабщиналъул нух какизе лъугьина.
3
Гьел руго гІорцІиго лъаларел чагІи. Жидецаго ургъун рахъарал харбалги нужее рицун, лъикІго бечелъила гьел. Амма гьезие некІого къотІараб хІукму кватІизе гьечІо, гьезде бачІинесеб балагь-гІазабги гъапуллъун гьечІо!
4
Мунагь гьабурал малаикзабаздагицин гурхІичІо Аллагь: гьес гьел жужахІалъур тІамуна ва Суд гьабулеб къо тІаде щвезегІан бецІлъиялъул рахсаца рухьун тана.
5
РитІухълъи тІибитІизабизе витІарав НухІги ва гьесда цадахъ анкьго чиги хутІизегІан, цогидал гІадамаздаги гурхІичІо Аллагь, мунагь-хІакъалъул агьлуялде тІупан тІураб мехалда.
6
Содом ва Гоморра шагьарал щущазаризе хІукмуги гьабун, гьел рохъоялде сверизаруна, гьез гІадинаб пасалъи хадубккунги гьабулезе дарслъун букІине.
7
Амма Аллагьас хвасар гьавуна гІорхъулъа борчІараб хъахІбалъиялде руссарал гІадамазул хьвада-чІвадиялъ тату хвезабурав ва вацІцІадго чІарав ЛутІ.
8
Гьезда гьоркьов вацІцІадго хьвадарав гьев чиясул бацІцІадаб рекІее щибаб къоялъ гІазаб кьолаан гьез гьабулебщинаб бихьулебги рагІулебги букІиналъ.
9
БетІергьанасда лъала рацІцІадал гІадамал гІакъуба-къварилъиялдаса хвасар гьаризе, пасатал чагІазейин абуни, Суд гьабулеб къо тІаде щвелалдегоцин тамихІ гьабичІого толаро.
10
Жидерго гьаваялъ рижизарурал хъубал къасдазда хадур унел ва гьесул амруял рикІкІинего рикІкІунарел гІадамазе бищун цІикІкІараб тамихІ гьабула Аллагьас. Гьел адаб гьечІел ва намусги гьечІел гІадамал хІинкъуларо зобалазда ругел къудратал малаикзаби какизе.
11
Гьел квешал гІадамаздаса гІемерго къуватал ва гучал ругониги, малаикзаби намуслъула БетІергьанасда цебе гьединал гІадамазда гІайиб чІван гьел какизе.
12
Гьел гІадамал релълъуна гудраца кквезе ва чІвазе рижарал гІакълу гьечІел хІайваназда. Жидер гІакълу нахъгІунтІуларебщинаб какула гьез. ЧІвазе рижарал хІайванал гІадин, хвалде гІагарлъула гьел.
13
Жидеца гьабураб квешлъиялъухъ шапакъатлъун квешлъи щвела гьезие. ГІадада-къад гьабулеб пасатаб гьекъел-кванай гьуинаб буго гьезие. Гьел руго инжитал ва хъубал гІадамал. Гьез лазат босула нужеда цадахъ цо хІарччида нахъа гІодор чІараб мехалъгицин нуж гуккулел рукІиналдаса.
14
ХъахІбалъиялъул гурони пикруги гьабуларо, мунагьал гьарунги гІорцІуларо. РакІ загІипал гІадамал гьез къорикье ккезарула. ХъантІиялъе куцун руго гьез жалго. Аллагьасул нагІанаялъе мустахІикълъана гьел!
15
БитІараб нухги тун, къосун ккун руго гьел. Квешлъиялъухъ щолеб гІарцуца къосинавурав Беъорил вас БилгІамил нухдасан ана.
16
Амма гьес гьабулеб букІараб квешаб къасд къватІиб чІвана: мацІ лъалареб жиндирго хІамица, инсанасул мацІалдалъун кІалъан, гьеб гІантаб жо гьабизе биччачІо.
17
Гьел гІадамал релълъуна ракъварал иццазда, гьороца хъамулел накІкІазда! Гьезие хІадурун буго жужахІалъул абадияб бецІлъи.
18
Гьезул кІалдир ругьунлъун руго жалго реццулел ва гьодорал рагІаби. Къосараб гІумру гьабулездаса гьанжего-гьанже рикІкІалъизе байбихьарал гІадамал гьез квегъун буссунареб чорхол гьаваялъул гьиналъ кквезе тІамула.
19
Гьел гьересинасихІатчагІаз рагІи кьола гІадамал жидеца тархъан гьарилилан, амма гьел жалго руго пасалъиялъул лагъзал. Бергьарасул лагълъун къурав кколелъулха!
20
Нилъер ТІадегІанав ва нилъ хвасар гьарурав ГІиса МасихІ лъаялдалъун гьел гьаб дуниялалъул къабихІлъиялдаса рикІкІалъун рукІана, амма кІиабизеги нухкъосуде ккеялъ къезаруна. Цебе букІаралдасаги квешаб хІалалде ккана гьел
21
БитІараб Нух лъан букІинчІебани лъикІаб букІинаан гьезие, гьеб нухги лъан хадуб гьезде божилъи гьабураб илагьияб амруялдаса кьуризегІан!
22
Гьезие лъугьараб жоялъ бихьизабула гьадинал кицаби ритІарал рукІин: «Гьве тІадбуссун бачІуна жинцаго лагІараб жо чІикІизе» ва «Чурун хадубги болъон хІарщулъ гебегахъдула».
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 3 →
All chapters:
1
2
3