bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
2 Peter 3
2 Peter 3
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 2
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
1
Гьале дица нужехъе кІиабизеги кагъат хъвалеб буго, дир хириял. Гьал кагътазда жаниб дица хІаракат бахъулеб буго, нужеда ракІалде щвезабун, нужелъ рацІцІадал пикраби рижизаризе.
2
Бичасул аварагзабаз абурал рагІаби ва нужехъе рачІарал чапарзабаз бицараб нилъ хвасар гьарурав ТІадегІанасул амру нужеца ракІалдаса ине биччаге.
3
Сундасаго цебе нужеда лъазе ккола дуниялалъул ахирисел къоязда рачІине рукІин жидерго къасдазул нухдасан унел ва намус гьечІел гІадамал.
4
ГІад-хочІ гьарун, гьез абизе буго: «ВачІинилан рагІи кьурав гьев щайха вачІунев гьечІев? Гьале нилъер умумулги цереса ана, амма кинабго хутІун буго дуниял бижараб мехалъго букІараб хІалалда, щибго хиси ккечІого».
5
Гьезда кІочон толеб буго авалалдаго, Аллагьас амру гьабун, зобалги ракьги рижун рукІараблъи. Ракь бижана лъададасан ва лъададалъун.
6
Цинги гьеб тІупаналъул лъадалъ тІерхьана.
7
Гьанже ругел зобалги ракьги Суд гьабулеб къо щвезегІан цІунизе руго Аллагьас. Суд гьабулеб къоялъ зобалги ракьги рухІун лъугІила, киналго пасатал гІадамаздеги хвел рещтІина.
8
Нужеда кІочон тоге, дир хириял, БетІергьанасе цо къоги азарго сон гІадин букІунеблъи, азарго сонги цохІо къо гІадин букІунеблъи.
9
Гьев кватІулев вугилан цо-цо гІадамаз рикІкІунеб бугониги, БетІергьан кватІулев гьечІо кьураб рагІи тІубазабизе. ХІакъикъаталда гьес сабру гьабулеб буго: гьесие бокьун гьечІо нужер щивниги гІадада хвезе — бокьун буго киналго кантІун жиндего руссине.
10
ТІадегІанасул Къо бачІине буго тохлъукьего, цІогьор гІадин. Гьеб Къоялъ, кутакалда гъугъадун, зобал тІубанго тІагІина, дуниялалда бугебщинаб цІа рекІун бухІила. Гьебмехалъ къватІирчІвала ракьалда лъугьарал тІолалго ишал.
11
Кинабго гьедин биххун-щущан инехъин бугелъул, нужеца гьабизе ккола бацІцІадаб ва Аллагьасде мутІигІаб гІумру.
12
Аллагьасул Къо бачІиналъухъ — цІа рекІун зобал щущан унеб ва зобалазда ругелщинал цІадулъ риун унеб къо бачІиналъухъ — ралагьун чІун руго нуж, хехго бачІагиян гІашикълъун руго!
13
Нилъ ралагьун чІун руго, гьес рагІи кьураб къагІидаялъ, цІиял зобал ва цІияб ракь бижиялъухъ. Гьенибин ритІухълъи букІунеб!
14
Гьединлъидал, дир хириял, гьеб къо бачІиналъухъ ралагьун чІун, рацІцІадаллъун, гІайиб гьечІеллъун ва Аллагь разилъулеллъун рукІине хІаракат бахъе.
15
Нужеда лъазе ккела БетІергьанасул кІудияб сабруялдалъун нуж хвасарлъизе рукІин. Аллагьас гьесие кьураб гІакъиллъиялдалъун гьелъул хІакъалъулъин нужеда бицараб нилъер хирияв вац Павелицаги.
16
Гьес гьелъул хІакъалъулъ бицунеб буго жиндирго киналго кагътазда. РичІчІизе захІматал жалги руго гьенир, лъавукъал ва цо хІал кколарел гІадамаз, цогидал тІухьдузда хъваралъулго гІадин, гьезулги магІна мекъи сверизабула, — жидедего гІасияб балагь бачІиналъе сабаблъун ккезе.
17
[17-18] Нужеца, дир хириял, нужеда гьеб цебеккунго лъалелъул, нужго цІуне! Намус гьечІел гІадамазул гьересиялъ хадур цІазе ва мугъчІвазе бугеб щулияб сангаралдаса махІрумлъизе чІоге! Нилъер ТІадегІанав ва нилъ хвасар гьарурав ГІиса МасихІги гьесул лъикІлъиги лъикІго ва цІикІкІун лъазабун, нужго камиллъе. Гьесие рецц гьанжеги ва абадул абадиялъги. Амин.
← Chapter 2
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
All chapters:
1
2
3