bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Ephesians 2
Ephesians 2
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 3 →
1
Такъсирги мунагьги сабаблъун хварал чагІийин нужги рукІарал.
2
Цебе нужеца гІумру гьабулеб букІана гьаб дуниялалъул гІадатазда ва зоб-ракьалда гьоркьоб кверщел гьабулев ханасул амруялда рекъон. Аллагьасе мутІигІлъулареб агьлуялда тІад гьабсагІатги кверщел гьабулеб буго гьес.
3
Гьединал гурищ нилъ киналго рукІарал! Нилъерго гьаваялдаги квешал къасдаздаги хадур ун, чорхоеги рекІееги бокьанщинаб гьабулаан нилъеца. Гьеб тІабигІат сабаблъун, цогидазего гІадин, Аллагьасул ццин бахъин насиблъун букІана нилъееги.
4
Амма Аллагь цІоб гІатІидав вуго! Нилъедехун бугеб кІудияб рокьиялдалъунин
5
мунагь сабаблъун хун рукІарал нилъ МасихІида цадахъ гьес чІаголъизарурал. Аллагьас баркат лъун хвасарлъана нилъ.
6
[6-7] ГІиса МасихІидалъун нилъеде гьарзаго рещтІараб баркаталъул кІодолъиги цІобалъул гІатІилъиги хадусел гІасрабазда загьир гьабизе нилъ МасихІ ГІисада цадахъ рахъинаруна ва зобалазда гьесда аскІор гІодор чІезаруна.
8
Аллагьасул баркаталдалъун иман лъеялъ хвасар гьаруна нуж. Нужедалъун гуро гьеб лъугьараб, Аллагьасул цІобалдалъунин.
9
Нужер ишазухъ щвараб шапакъат гурин гьеб, — гьелдаса чІухІуге щивниги.
10
Аллагьасин нилъ, МасихІ ГІисадеги цолъизарун, гьанже ругеллъун лъугьинарурал, — цереккунго нилъее рихьизарун рукІарал лъикІал ишал тІуразаризелъун.
11
ХІасил, нужеда кІочон тоге нуж жугьутІаллъун рижун рукІинчІолъиги, чорхол лага къотІун сунат гьабуралилан абулез нужеда «сунат гьабичІелилан» цІар лъун букІараблъиги.
12
Доб мехалда нуж МасихІидаса рикІкІад рукІана. Исраилил халкъалъеги чияраллъун рукІана нуж. Гьеб халкъалъе Аллагьас гьарун рукІарал къотІабиги кьун букІараб рагІиги нужеда хъатІулароан. Гьаб дуниялалда нуж рукІана хьул лъезе бакІги гьечІел Аллагьги гьечІел гІадамал.
13
Цере Аллагьасдаса рикІкІад рукІарал нуж, гьанже МасихІиде цолъун, гІагарлъана, — нужедасан къурбанлъун хварав МасихІил би сабаблъун.
14
Гьес нилъ рекъезаруна, жугьутІалги жугьутІал гурелги цого халкълъун лъугьинабуна, нилъеда гьоркьоб букІараб тушманлъиялъул къедги биххизабуна.
15
КІиго халкъги ракълидалъун жиндилъго цолъизабун, цо цІияб халкъ лъугьинабизелъун Къануналъул рихьизариялги къагІидабиги риххизаруна гьес, — жиндирго черхги къурбанлъун гьабун.
16
Хъанчида ван хвеялдалъун цого чорхолъ кІиго халкъ Аллагьгун рекъезабуна гьес, хъанчида тІадго чІвана гьезул тушманлъиги.
17
ВачІун гьес ракълил рохел бицана Аллагьасдаса рикІкІалъун рукІарал нужедаги ва гьесде гІагарлъун рукІараздаги.
18
Гьединлъидал гьесдалъун цого РухІалъул цІурал нилъее (жугьутІазеги цогидал халкъазеги) рес щвана Инсухъе ине.
19
ХІасил, гьанже нуж чиярал гуро, апарагзабиги гуро. Иман лъуразул агьлуялда гъорлъ ихтияр бащадал гІадамал руго нужги ва Аллагьас жиндираллъунги гьарун руго.
20
Чапарзабазги аварагзабазги тІамураб кьучІалда тІад бараб миналъун руго нуж. КьочІол гамачІлъунги МасихІ ГІиса вуго.
21
Гьелда тІад чІурканго балеб буго тІолабго мина. Гьелъул лъугьунеб буго Аллагьасул мукъадасаб рукъ.
22
Аллагьасул РухІ рещтІараб рукълъун рукІине, МасихІгун цолъун, нужги лъугьун руго гьеб миналъун.
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 3 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6