bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Ephesians 3
Ephesians 3
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 2
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 4 →
1
Гьединлъидалин нужее — цогидал халкъазул гІадамазе — гІоло дун, Павел, лъугьун вугев ГІиса МасихІил туснахъавлъун.
2
Гьайгьай, нужеда рагІун батила нуж гІуцІа-къазе кигІан кІудияб тІадкъай жиндирго цІобалдалъун Аллагьас дие кьурабали.
3
Гьес дие загьирлъизабуна жиндирго балъголъи. Гьелъул хІакъалъулъ цебеги дица нужехъе къокъго хъван букІана.
4
Гьединлъидал гьаб кагъат цІалидал лъала нужеда МасихІил балъголъи кин дида бичІчІулеб бугебали.
5
Цересел наслабазе загьирлъун букІинчІеб гьеб балъголъи гьанже РухІалъ рагьана Аллагьасул мукъадасал чапарзабазеги аварагзабазеги.
6
Гьеб балъголъи буго цогидал халкъазул гІадамазе, жугьутІазего гІадин, Аллагьасдасан ирс щвеялъулъ: гьелги жугьутІалги цого чорхол лугбилъун лъугьана ва Аллагьас жугьутІазе кьун букІараб рагІи гьанже МасихІ ГІисадалъун Рохалил хабаралъе гІахьалаблъунги лъугьана.
7
Аллагьасул къудраталдалъун дие баркат щун, дун лъугьана гьеб Рохалил хабар тІибитІизабизе.
8
Иман лъуразул тІолабго агьлуялда гьоркьоса бищунго пакъирав дида баркат лъуна инсанасул гІакълу-лъай хадуб гІунтІулареб МасихІил хазинаялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар цогидал халкъазул гІадамаздаги бицине
9
ва кинабго бижарав Аллагьасул балъгояб абадияб хІукму тІубараблъи киназего загьирги гьабизе.
10
Тахида ругелги кверщел бугелги зобалазул рухІазда гьанже иман лъуразул агьлуялдалъун лъала батІи-батІияб куцалда загьирлъараб Аллагьасул гІакъиллъи.
11
Жиндирго абадияб хІукму Аллагьас тІубазабуна нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисадалъун.
12
Гьевгун цолъун ва гьесде иманги лъун, хІинкъичІого ва ракІчІун хьвадулел руго нилъ Аллагьасда цере.
13
Гьединлъидал дица нужеда гьарулеб буго, нуж сабаблъун дие гІазаб кьолеб бугилан ракІ гІодоб чІван рукІунгейилан. Гьеб гІазаб сабаблъунин нуж бергьунел ругел.
14
ХІасил, Инсуда цеве накабазда чІун вуго дун.
15
Зоб-ракьалда ругелщиназе чІаголъи гьесул цІаралдасан бачІараб буго.
16
Дица гьесда гьарулеб буго жиндирго машгьураб хазинаялдасан нужее РухІалдалъун къуват кьейилан, нужер ракІ къвакІизабейилан,
17
иман лъеялдалъун МасихІ нужер рекІелъе лъугьинавейилан. Рокьи нужер кьибиллъунги кьучІлъунги лъугьаги.
18
Гьебмехалда, нужер гьунар гІела, киналго иман лъуразда гІадин, нужеда МасихІил рокьи лъазе — гьелъул гІеблъиги, халалъиги, борхалъиги, гъварилъиги лъазе.
19
Лъазего кІолареб бугониги, лъаги нужеда гьеб, — Аллагьасул камиллъи нужелъеги лъугьине.
20
Жинда гьаризе нилъеда кІолелдасаги, хІатта нилъеда ракІалде кколелдасаги гІемерго цІикІкІарабаб гьабизе нилъее къуват кьолев Аллагьасе рецц!
21
ГІиса МасихІил ва гьесде иман лъуразул агьлуялъул абадияб-даимаб рецц буго Аллагьасе!
← Chapter 2
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 4 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6