bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Ephesians 4
Ephesians 4
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 3
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 5 →
1
ТІадегІанав сабаблъун жанив тІамурав дица нужеда гьарулеб буго Аллагьас нуж тІаса рищун рукІиналъе мустахІикъаб куцалда хьвадейилан.
2
ЧІухІи-пахрулъи чІвараллъун, гІодоре риччараллъун рукІа. Цояз цоял хІехьон, цоцазе рокьун, сабруялда хьваде.
3
Ракълил рахсица цоцаздехун рухьун, хІаракат бахъе РухІалъ кьураб цолъи нужелъго цІунизе.
4
ЦохІого Черхги, цохІого РухІги, Аллагьас нуж тІаса рищун ругелъул, цохІого хьулги,
5
цохІого ТІадегІанавги, цохІого божи-иманги, цохІого мунагьал чуриги,
6
киназулго Эмен — цохІого Аллагьги. Нилъ киназдасаго тІадегІанав вуго гьев, нилъер киналго ишазулъги вуго, нилъ киназулъгоги вуго.
7
Амма нилъее киназегоги щивасеги щун буго батІи-батІияб гьунар — МасихІица кьураб сайигъаталъул хасаб бутІа.
8
Гьединлъидал ТІухьдузда хъван буго: «Гьев тІадегІан вахана, гьес гІемерал асирал рачун рачІана, гІадамазе сайигъатал рикьана».
9
ТІадегІан вахарав ватани, гьелдаса цеве гьев ракьалъул бищунго гъваридалъуве лъугьун вукІун вуго.
10
Ракьалъул гъварилъуде лъугьун вукІаравав гурищ бищунго рорхатал зобалазде вахунев? Гьес гурищ гьаб дуниялалда кинабго камиллъизабизе бугеб?
11
Гьесин лъугьинарурал чапарзабилъун цоял, аварагзабилъун цоял, Рохалил хабар бицунеллъун цоял, церехъабилъун яги насихІатчагІилъун цоял, —
12
Аллагьасе хъулухъ гьабизе ва МасихІил Черхлъун кколеб иман лъуразул агьлу мина гІадин щулалъизабизе.
13
Божи-иманалъулъ ва Аллагьасул вас якъинго лъаялъулъ ахирги цогояллъун лъугьина нилъ. ТІубанго балугъал гІадамаллъун лъугьина нилъ гьебмехалъ, МасихІил камиллъиги насиблъила нилъее.
14
Карачалаби гьелчезарулеб гьороца кинигин, диналъул батІи-батІияб чвахиялъ росун унел лъимал гІадинал гІадамаллъун рукІине бегьуларо гьанже нилъ. Гьел бигьаго гуккула хІилла-макруялъе махщел бугел гьерсихъабаз.
15
РекІелъ рокьигун битІараб бицани, нилъ кІудиял гІела, сундулъго МасихІиде гІагарлъила. Гьев вуго бетІер!
16
БетІералъин чорхол киналго лугби цолъизарулел. ЩукІдуз цоцаздехун щула гьарула гьел. Щибаб лагаялъулги букІуна жиндирго иш. Рокьиялъ гІуцІула ва кІудияб гІезабула черх.
17
Гьале дица нужеда абулеб ва ТІадегІанасул цІар рехсон лъазабулеб буго мекъаб-тІекъаб гурони гІакълу гьечІел мажусиял гІадин нуж хьвадугейилан!
18
Гьезул пикру-бичІчІи бецІлъун буго. Жидерго жагьиллъиги ракІбицалъиги сабаблъун, гьел рикІкІалъун руго Аллагьасде руссараб гІумруялдаса.
19
Сунцаго рекІее асар гьабулареллъун лъугьун, хІарамабщиналъ гІорцІулел гьечІо гьел, напс ккун чІезабулеб чІолохъжоги гьез бахъун рехун буго.
20
Амма гьедин хьвадизе гуро нужеда МасихІил хІакъалъулъ бицун букІараб.
21
ХІакълъунго нужеда гьев лъан вуго. Нужеда бициндалха гьесулъ кинабго хІакъабщинаб бугилан!
22
Мунагьаб напс гуккулел къасдаз пасалъизавурав цевегосев инсанасул гІадинаб гІамал гІодобе рехе нужеца.
23
Нужерго рухІги гІакълуги цІилъизабе.
24
Аллагьасул суратлъун вугев, хІакълъунго ритІухъав, вацІцІадав цІидасан вижарав Инсанлъун лъугьине хІаракат бахъе.
25
Гьединлъидал, гьересиги рехун тун, щивас жиндаго аскІов вугесда битІараб бице. Цо Чорхол лугбилъидалха нилъ!
26
Ццин гьалаглъараб мехалдагицин гьабуге нужеца мунагь. Нужер ццин бахъун букІаго бакъ тІерхьунгеги!
27
Илбисалъе нуцІа къируге!
28
ЦІогьодулев вукІарав цІогьодуге, жиндирго кверал квалквадун магІишат гьабизе лъугьа, язихъасеги кьезе рес букІине.
29
НасихІат гъорлъ бугеб ва гІенеккаразе сундулъго пайдаяб гурони, цониги квешаб рагІи бачІунгеги нужер мацІалде.
30
Аллагьасдасан бачІараб Илагьияб РухІ пашманлъизабуге, тІубанго тархъанлъараб къоялъе гьелъул мугьрулъидал нужеда чІван бугеб.
31
Нужеца рехун те хІалуцин, ццидахин, гьалаглъи, ахІи-хІур, хьандей ва цогидалги квешал хасиятал.
32
Цоцазда гьоркьор лъикІ рукІа, хІеренго рукІа, цоцада тІасаги лъугьа, МасихІие гІоло Аллагь нужеда тІасалъугьарав гІадин.
← Chapter 3
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 5 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6