bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Hebrews 12
Hebrews 12
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 11
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 13 →
1
Гьанже гьанир нугІзал накІкІалгІан гІемерлъун ругелъул, нухда батарабщинаб гамачІги нахъе рехун, нилъеда хурхине лъугьанщинаб мунагь-хатІаги батІалъизабун, сабруялда рекерилин, цебе бугеб манзил лъугІизегІан.
2
Авалалдаса ахиралде щвезегІан нилъер божи-иманалъул аслу-кьучІлъун вугев ГІисахъ ралагьилин. Жиндие насиблъизе бугеб рохалие гІоло, инжитлъи-хІакъирлъиги гІадахъ босичІого, хъанчида вараб хвел хІехьана гьес ва Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІана.
3
Мунагьал ругезул рахъалдасан гьединаб рокьукълъи хІехьарав гьесул гьабе нужеца пикру. Гьедин нужги загІиплъизе бегьуларо, къуркьизе бегьуларо.
4
Мунагьазда данде рагъулаго нуж жеги щвечІо нужерго би гІодобе тІолеб даражаялде.
5
Нужер ракІбатизабизе, лъималаздехун гІадин, Аллагьас нужеда абурал гьадинал рагІаби кІочон таралищ: «БетІергьанасул малъа-хъвай гІадахъ босичІого тоге, дир вас, гьес дуе гІадлу гьабулеб мехалъ пашманлъуге мун.
6
Жиндиего вокьулесейин Аллагьас гІадлу гьабулеб, вас гІадин къабул гьавурасдайин гьес кьабулеб».
7
Нужее гьабулеб гІазаб-гІакъуба нужеца, гІадлулъун рикІкІун, хІехье. Лъималаздехун гІадин валагьулев вуго Аллагь нужехъ. Инсуца гІадлу гьабичІев вас цониги вукІанадай?
8
Киналго васазе букІунеб гІадинаб гІадлу нужее гьабулеб гьечІони, гьелъул магІна буго васал кколарин, къватІулъа жал кколин абураб.
9
Умумуз нилъее гІадлу гьабуна, нилъеца гьезул адаб-хъатирги гьабуна. Абадияб гІумру насиблъизе гІоло, кигІан цІикІкІунха нилъ Аллагьасе, рухІазул бетІергьанасе, мутІигІал рукІине кколел!
10
Умумуз жидедаго лъикІ бихьухъе дагьабго заманалда гІадлу гьабуна нилъее. Амма Аллагьас гІадлу гьабула нилъее лъикІлъиялъе, жиндир вацІцІалъиялъул бутІа нилъееги щвезе гІоло.
11
ГІадлуялъ цо дагьабго заманалда рохизе гуро гьарулел, пашманлъизейин, гьеб гІадлуялъ малъухъе хьвадаразе нахъа шапакъатлъун щола сах-саламалъиги ритІухъаб гІумруги.
12
Нужер свакарал кверазулъе къуват бачІинабе ва сородулел бохдулги щулаго чІезаре!
13
БитІараб нухдасан хьваде нуж, нужер рекъал бохдул къуркьунгутІизе. Сахлъаги гьел!
14
Киналго гІадамалгун ракълида рукІине хІаракат бахъе. РацІцІадго хьваде, вацІцІадго хьвадуларесда ТІадегІанав вихьуларевин.
15
Вореха Аллагьасул баркаталъул нухдаса къосине гурин нуж. Нужер цонигияв лъугьине гурин гІемерав чиясе зарал гьабулеб загьруяб ва кьогІаб херлъун.
16
Нужер цонигияв лъугьине гурин ГІис гІадинав хъахІбаяб гІамал бугевлъун яги божи-иман гьечІевлъун. КІудияв васлъун вижиялъул даража гьес бичана цохІо нухалъ кванараб кванихъ.
17
Нужеда лъала цинги гьесие бокьун букІараблъи инсудасан баркат щвезе, амма щвечІо. Бадиса магІу чвахулаго гІамал гьабуниги, гьеб жиндихъаго ккараб гъалатІ битІизабун бажаричІо гьесухъа.
18
Инсанасул беразда бихьулелде гуро нуж гІагарлъун ругел. Синай магІарда букІараб цІаялдеги, бецІлъиялдеги, накІкІалдеги, гьалагаб гьуриялдеги гуро гІагарлъун ругел.
19
Доб мехалда рагІулеб букІана ссуралъубе пулеб гІадинаб сас. Цинги цо гьаракь бахъана — абулел рукІана тІокІаб жидеда рагІугегиян гІадамал гьардезе лъугьарал рагІаби.
20
«ХІатта хІайвангицин гьаб магІарде бачІани, ганчІал речІчІун чІвазе ккола», — ян абурал рагІаби рекІелъе риччазе кІолеб букІинчІо гьезда.
21
Мусацацин абуна: «Дун хІинкъун сородулев вуго!» — ян. ГьедигІанги гІасияб лъугьа-бахъин букІана гьеб.
22
Амма нуж гІагарлъун руго Цион мегІералде, хІакъав Аллагьасул шагьаралде, рикІкІун хІалкІоларел малаикзабазул руккелал байрамалде данделъулеб зобалазулаб Иерусалималде,
23
Аллагьасе тІоцере гьарурал васаллъун ругел, жидер цІарал зобалазда хъварал гІадамазул данделъиялде, киназего суд гьабулев Аллагьасде, камиллъи щварал вализабазул рухІазде.
24
ГІагарлъун руго цІияб КъотІиялъул гьоркьохъанлъун лъугьарав ГІисаде, ракьалде тІураб гьесул биялде. Гьабилил биялъалдасаги цІикІкІараб баркат рещтІинабилин рагІи кьолеб буго гьелъ.
25
Воре, нужеца инкар гьабуге Аллагьасул рагІиялдалъун кІалъалев чиясдаса. Дуниялалда гІадамал кантІизарулесухъ гІенеккизе инкар гьабурал чагІазда хвасарлъизе кІвечІо. Зобалаздасан кІалъалесухъ гІенеккичІони, нилъ хвасарлъизего хвасарлъиларо.
26
Доб мехалда гьесул гьаркьица ракь гьаргьадизабуна, гьанже гьес рагІи кьуна: «Цоги нухалъ дица, ракь гуребги, зобги гьаргьадизабила», — ян.
27
Гьаргьадулареб жо нахъе хутІизелъун, гьаргьадулебаб, ай бижун букІарабаб, тІубанго тІагІинин абураб магІна буго гьеб «цоги нухалъ» абураб калимаялъул.
28
Аллагьасе рецц гьабилин гьаргьадулареб ПарччахІлъи нилъее щвезе бугелъул. Гьев разияб нухдасан хьвадун, намусадго ва хІинкъадго хъулухъ гьабилин нилъер Аллагьасе.
29
Кинабго бухІун-къвагъун рехулеб цІадуда релълъуна Аллагь!
← Chapter 11
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 13 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13