bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Hebrews 3
Hebrews 3
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 2
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 4 →
1
Дун гІадин Аллагьас тІаса рищарал дир вацал! Нилъер божи-иманалъе чапарлъунги бищунго кІудияв кашишлъунги Аллагьас витІарав ГІисахъ ралагье!
2
Аллагьасул минаялъе, Мусаго гІадин, жив тІаса вищарав Аллагьасе ритІухъав вукІана гьев.
3
Жибго минаялдаса цІикІкІун машгьурлъула гьеб мина гьабурав чиясул цІар. Гьедин Мусадаса гІемерго цІикІкІун машгьурлъана ГІиса.
4
Щибаб минаялъул вукІуна гьеб гьабурав чи. Аллагь вуго кинабгоги гьабуравлъун.
5
Муса вукІана Аллагьасул минаялда хурхарабщиналъе хилиплъуларев чи, гьес нугІлъи гьабулаан хадусеб заманалда Аллагьасул рагІи рещтІине букІиналъе.
6
МасихІ вуго Аллагьасул минаялда хурхарабщиналъул бетІерлъуда тарав хилиплъуларев вас. Гьеб Аллагьасул мина ккола нилъ, — нилъер хьул лъолелдаги нилъерго бахІарчилъиялдаги ракІчІей бугони.
7
Илагьияб РухІалъ абулеб буго: «Жакъа нужее Аллагьасул калам цІалулеб бугони,
8
нужерго ракІал рицалъизе риччаге. Доба гІицІаб авлахъалда, дандечІун, Аллагьасул сабруялъул хІалбихьулеб букІараб къоялъ нужер умумузулги ракІал рицалъун рукІана.
9
Доба гьез Дир хІалбихьана, Дун щивали хал гьабуна, кІикъого соналъ Дица щиб гьабурабали бихьун букІаниги.
10
Гьединлъидал, гьеб наслуялда ццин бахъун, Дица абуна: Гьезул ракІал васвасдулел руго, Дир нухдасан унел гьечІо гьел.
11
Ццин бахъун Дун гьедана гьезие рахІаталъе Дица кьезе бугеб ракьалде гьел киданиги лъугьинарилан!»
12
Воре, вацал, лъицаниги рекІелъе лъугьине биччаге квешлъиги иман гьечІолъиги, — чІагояв Аллагьасдаса ратІалъичІого хутІизе.
13
Нужер цонигияв мунагьалъ гуккунгутІизе ва нужер ракІал рицалъичІо рукІине, жакъайилан абизе бегьулебгІан заманаялъ щибаб къойил цоцазе насихІат гьабе.
14
МасихІилгун гІахьалаб ирс насиблъула нилъее киназего, доб тІоцебе букІараб ракІчІей ахиралде щвезегІан щулалъизабуни.
15
ТІухьдузда хъван буго: «Жакъа нужеда рагІани Аллагьасул рагІи, нужерго ракІал рицалъизе риччаге, — Аллагьасде дандечІун нужер умумузул ракІал рицалъун рукІарал гІадин».
16
Щалха дол рукІарал, «Аллагьасул калам рагІаниги», «дандечІарал» гІадамал? Мусаца Мисриялдаса къватІире рачарал чагІи гурищ!
17
КІикъого соналъ Аллагьасул ццин лъида бахъун букІараб? Мунагьал гьаридал гІицІаб авлахъалда жидер рукьби хутІарал чагІазда гурищ!
18
«Гьезие рахІаталъе Дица кьезе бугеб ракьалде гьел киданиги лъугьинарилан» Аллагь лъил рахъалъ гьедарав? МукІурлъуларезул рахъалъ гурищ!
19
Гьеле нилъеда бихьулеб буго: иман гьечІолъи сабаблъун кІвечІо гьезда доб жидее къотІи гьабун букІараб ракьалде рорчІизе.
← Chapter 2
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 4 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13