bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Hebrews 9
Hebrews 9
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 8
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 10 →
1
ТІоцебесеб КъотІиялда рихьизарун рукІана Аллагьасе хъулухъ гьабизе ккеялъул бицунел амруял ва гьеб хъулухъ гьабиялъе ракьалда гІадамаз бараб бакІги.
2
КъватІисебилан цІар лъураб чадирги чІван букІана. Чадиралъур рукІана чирахъги, столги, мукъадасаб чедги. Гьелда абулаан Мукъадасаб БакІилан.
3
КІиабилеб пардавалда нахъа букІана Бищунго Мукъадасаб БакІилан цІар лъураб чадир.
4
Гьениб жаниб букІана махІгьуинаб нахул кьеккен тІад гьабулеб меседил стол ва КъотІиялъул гъамас. Гьебги тІубанго меседалъ бацараб букІана. Гъансиниб букІана зобалаздасан рещтІараб нигІмат жаниб бугеб меседил гІорто, гъотІода тІад гІадин гІурччинаб тІамах бараб Гьарунил гІанса ва Аллагьасул амраби тІад хъвараб кІиго ганчІил къоноги.
5
Гъансида тІад лъун рукІана Аллагьасул Нур гьениб букІиналъул гІаламатлъун кколел куркьбал ругел жанаваразул суратал. ГІадамазул мунагьал чуризе хъолеб къурбаналъул би тІаде чвахулеб бакІалда тІад рукІана гьезул куркьбал. Амма гьеб киналъулго хІакъалъулъ гьаниб мухІканго бицинчІониги гІела.
6
Гьедин гьабун букІана гьениб кинабго. Кашишзаби щибаб къоялъ къватІисеб чадиралъуре лъугьуна жидедаго тІадал ишал тІуразаризе.
7
Амма цохІо бищунго кІудияв кашиш лъагІалида жаниб цо нухалъ лъугьуна жанисеб чадиралъуве. Гьес гьенибе босула жиндирго мунагьал чуризе ва жидерго жагьиллъиялдалъун халкъалъ гьарурал мунагьал чуризеги Аллагьасе къурбанлъун бугеб би.
8
Гьеб киналдалъунго Илагьияб РухІалъ нилъеда бихьизабулеб буго, гьеб къватІисеб Чадир бугебгІан заманаялъ, Бищунго Мукъадасаб БакІалде нилъее нуцІа къан букІин.
9
Гьале гьанже бугеб заманалъул рахъалъ гьабураб ишарайин гьеб. Гьелъул магІнаги ккола Аллагьасе гьарурал сайигъатазги хІайванал къурбаналъе хъвеялъги гьеб къурбан жинца гьабурав чиясул намус бацІцІалъуларин ва гьев камиллъизавизе кІоларин абураб.
10
Гьеб буго кванаялда, гьекъеялда ва чвердон черх бацІцІад гьабиялда хурхараб гІадат. Гьеб буго инсанасул рекІеда хъатІулареб амру. Аллагьас гьеб амруги гьабуна цІияб тІаде кьезегІан заманаялъе.
11
МасихІ вачІун вуго бищунго кІудияв кашишлъун, гьес босун бачІана гьанже нилъехъе щвараб лъикІлъи. Гьес Аллагьасе хъулухъ гьабулеб Чадир доб цебегосеб Чадиралдаса гІемерго тІадегІанаб ва камилаб буго. ГІадамаз гьабураб гурелъул, гьаб дуниялалъулги гуро гьеб.
12
Чадиралъусан ун, нилъ киназего гІоло цохІо нухалъ Бищунго Мукъадасаб БакІалде жаниве лъугьараб мехалда, гьес гьенибе босичІо дугІбузул яги бусбузул би. Гьес гьенибе босана жиндирго би, гьелдалъун абадиялъего гІадамазул мунагьал чуриги насиблъизабуна.
13
Хъублъарал гІадамал дугІбузулги бусбузулги бидул тІирабаз ва бухІараб бачил рохъо тІаде щваялъ рацІцІалъулел ратани,
14
кигІан цІакъдай гьел рацІцІалъила МасихІил биялъ. Абадияб Илагьияб РухІалъ малъун, гьес живго кьуна Аллагьасе камилаб къурбанлъун. Гьесул биялъ бацІцІад гьабуна нилъер намус нилъ хвалде рачунеб квешлъиялдаса ва хІакъав Аллагьасе хъулухъ гьабизе нилъее ресги рекъезабуна.
15
МасихІ вуго цІияб КъотІиялъе гьоркьохъан. Гьев сабаблъун Аллагьас жиндихъего ахІарал гІадамазе щвезе бегьула Аллагьас рагІи кьун букІараб абадияб ирс. Гьесул хвелалъ халкъ тархъанлъана тІоцебесеб КъотІиялъул заманалдаго гьез гьарун рукІарал мунагьаздаса.
16
Васияталъул бицунаго, гьеб гьабурав чи хун вукІин чІезабизе ккола.
17
Щайин абуни, васият цебе бахъизе бегьуларо гьеб хъварав чи чІаго вугевгІан заманаялъ, гІицІго гьев хун хадуб гурони васият тІубазабуларо.
18
Гьединлъидалин доб тІоцебесеб КъотІигицин биялдалъун тасдикъ гьабун букІараб.
19
Цин Мусаца халкъалъе цІалун, гьезда лъазаруна Къануналда рукІарал киналго амруял. Цинги гьес бусбузулги дугІбузулги би лъимгун жубазабуна ва багІараб квасулкуналъ бухьараб, махІгьуинаб хъархъил гІаркьелалъ Къануналъул тІехьалдеги тІолалго гІадамаздеги тІираби щвезаруна гьеб бидул.
20
Мусаца абуна: «Гьале нужеца тІубазабейилан Аллагьас амру гьабураб КъотІи щулалъизабулеб би».
21
Мусаца гьединго бидул тІираби щвезаруна КъотІиялъул Чадиралде ва Аллагьасе хъулухъ гьабиялъе хІалтІизарулел киналго тІагІелаздеги.
22
Къануналда рекъон, дагьал жал хутІизегІан, биялъ бацІцІалъула кинабгоги хъублъарабщинаб, би гІодобе тІечІони, мунагьаздасаги рацІцІалъуларо!
23
Гьедин рацІцІалъизаризе кколел рукІана зобалазда ругезул гІицІго сипат-суратлъун кколел гьел жал. Амма зобалазда ругезе къваригІуна гІемерго лъикІаб къурбан.
24
ГІадамаз гьабураб Мукъадасаб бакІалда жаниве гуро МасихІ лъугьарав. Гьебги буго унго-унгояб Мукъадасаб бакІалъул сипат-суратлъун. Гьев лъугьана жалго зобалазда жаниве, доба Аллагьасда цебе нилъее шапагІат тІалаб гьабизе.
25
Жиндирго гуреб биги босун щибаб соналъ лъугьуна бищунго кІудияв кашиш Бищунго Мукъадасаб бакІалда жаниве. Амма МасихІица живго цохІо нухалъ къурбанлъун гьавуна.
26
Гьедин букІинчІебани, гьаб дуниял бижаралдаса нахъего, живго къурбанлъун гьавун, МасихІица чанги нухалъ хІехьезе ккелаан гІазаб-гІакъуба. Гьанже, гьаб дуниял ахирлъулеб бугеб заманалда, гьев цохІо нухалъ вачІана, киназего гІоло живго къурбанлъун гьавун, гьезул мунагьал чуризе.
27
Кинавго чиясе къадар хъван буго цохІо нухалъ хвезе, гьелдаса хадуб гьесие Аллагьас судги гьабула.
28
Гьединго МасихІицаги цохІо нухалъ къурбанлъун гьавуна живго, гІемеразул мунагьал чуризелъун. ГІадамал мунагьаздаса рацІцІад гьаризе гуро гьев кІиабизе вачІунев, жив вачІиналъухъ ралагьун чІарал чагІи хвасар гьаризейин.
← Chapter 8
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 10 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13