bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Hebrews 4
Hebrews 4
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 3
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 5 →
1
РахІат-хІалхьиялде нилъ рачинилан Аллагьас кьураб рагІи хвезе гьечІелъул, рачІа хІаракат бахъилин гьеб нилъее къотІи гьабураб рахІат-хІалхьиялде ворчІуларев чи нилъеда гьоркьов цониги хутІунгутІизе.
2
Дол цогидал гІадамаздаго гІадин, нилъедаги рагІана Рохалил хабар. Амма гьеб хабар рагІунилан дозие пайда бахинчІо, гьеб рагІараб мехалъ дол гьелда божичІелъул.
3
Гьелда божарал нилъее щвезе буго Аллагьас къотІи гьабураб рахІат-хІалхьи. Гьадин абулеб буго гьес гьелъул хІакъалъулъ: «Ццин бахъун дун гьедана, гьезие рахІат-хІалхьиялъе дица кьезе бугеб бакІалде гьел киданиги лъугьинарилан!» Гьес гьедин абуна, дуниял бижараб ва гьеб бижиялъул хІалтІи лъугІараб мехалдасаго жиндирго къадар киданиги хисизабун букІинчІониги.
4
Цогидаб бакІалдаги хъван буго анкьабилеб къоялъул хІакъалъулъ ТІухьдузда: «Анкьабилеб къоялъ жиндирго хІалтІи лъугІидал, Гьес хІалхьи гьабуна».
5
Амма гьелъулго хІакъалъулъ гьес абулеб буго: «Гьезие рахІат-хІалхьиялъе дица кьезе бугеб бакІалде гьел киданиги лъугьинаро!»
6
Гьанже цо-цоял гьеб рахІат-хІалхьиялъе кьураб бакІалде лъугьунел рукІин хІакъаб буго, амма бищун цебе Рохалил хабар рагІарал дол цогидал гІадамал гьенире лъугьинчІо, Аллагьасде гьел мутІигІлъичІелъул.
7
Гьеб бихьулеб буго Аллагьас цІидасан цоги къо чІезабулеб букІиналдасан. «Жакъасеб къойилан» лъун буго гьес гьелда цІар. ГІемерал соназдасан Давудил кІалдир лъун, абун руго Аллагьас гьелъул хІакъалъулъ нилъеца тІадехун рехсарал рагІаби: «Жакъа нужеда рагІани Аллагьасул рагІи, нужерго ракІал рицалъизе риччаге».
8
Нунил вас ЕшуагІица гьел рахІат-хІалхьи бугеб бакІалде рачун рукІаралани, Аллагьас гьелдаса хадуб цогиги къоялъул хІакъалъулъ бицен гьабилароан.
9
Гьединлъидал Аллагьасул халкъалъе къачІан буго шамат къоялъул рахІат-хІалхьи.
10
Аллагьас рахІат-хІалхьиялъе кьелилан къотІи гьабураб бакІалде лъугьуневщинав чияс, хІалтІи лъугІун хадуб хІалхьи гьабула, Аллагьас жиндирго хІалтІудаса хадуб хІалхьи гьабураб гІадин.
11
РачІа нилъецаги хІаракат бахъилин рахІат-хІалхьи бугеб бакІалде лъугьине, — дол гІадамазулго гІадинаб мутІигІлъунгутІиялъ къосинарунгутІизе.
12
Аллагьасул рагІулъ чІаголъиги буго, жигарчилъиги буго. КІибалаб ханжаралдасаги бегІераб буго гьеб. Напсги рухІги цоцаздаса батІалъулеб бакІалде, щукІдулги рукьбиги цолъулеб бакІалде щвезегІан, гъваридго гъорлъе къан уна гьеб. Аллагьасул рагІиялъ суд гьабула инсанасул рекІел къасдазе ва ниятазе.
13
Нилъеца жинда цебе жаваб кьезе кколев Аллагьасдаса бахчизе кІоларо гьес бижараб цониги жоялда. Кинабго гьесда цебе буго, гьесул берзукь буго.
14
РачІа нилъеца ГІисал хІакъалъулъ гьабулеб калам щулаго кквезин. Нилъер вугелъул Аллагьасул вас ГІиса — зобалазде восун арав бищунго кІудияв кашиш.
15
Нилъер загІиплъи бичІчІуларев бищунго кІудияв кашиш гуро гьев. Нилъецаго гІадин илбисалъул хІалбихьи хІехьезе ккана гьес, амма мунагь-хатІа лъугьинчІо гьесдасан.
16
Таваккалго гІагарлъилин баркат рещтІинабулев Аллагьасул тахалде, — хІажатаб мехалда гьес нилъеда баркатги цІобги лъезе.
← Chapter 3
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 5 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13