bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Hebrews 13
Hebrews 13
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 12
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
1
Вацал гІадин цоцазе рокьулеб гІадат гІодобе рехуге нужеца.
2
Нухлулазе гьоболлъи гьабичІого тоге — жидедагоцин лъачІого цо-цояз малаикзаби ратана рокъоре рачун.
3
Туснахъалда ругелги кІочон тоге, нужго гьезда цадахъ гьенир рукІарал гІадин. Унта-щокълъиялъ гІазаб кьолеб бугелги кІочон тоге, нужго гьелъ кІвекІулел ругел гІадин.
4
Киназго адаб гьабизе ккола ригьнал. Рос-лъадиги цоцазе хилиплъизе бегьуларо. Саяхъаб ва хъахІбаяб умматалъе Аллагьас гьабила суд.
5
ГІарцуде бугеб рокьиялъул лагъзаллъун лъугьине гурин, бугелда разилъун чІа. Аллагьасги абун бугелъул: «Киданиги дица мун рехун теларо ва гІодов ккезеги виччаларо».
6
Гьединлъидал нилъеца расги хІинкъичІого абизе бегьула: «БетІергьанас дие квербакъула, Дун сундасаниги хІинкъуларо».
7
Нужеда Аллагьасул рагІи малъарал ва бетІерлъи гьабулел гІадамал ракІалде щвезаре. Гьезул гІумруялъулги хвалилги пикру гьабе ва гьезул божи-иманалдаса мисал босе.
8
Сонги, жакъаги, абадул-абадиялъги хиси гьечІев вуго ГІиса МасихІ!
9
БатІи-батІиял чияр гІелмабаз нужго къосинаризе риччаге. Аллагьасул баркаталдалъун нужер ракІал къвакІизаруни, лъикІ букІина. Кванил рахъалъ батІи-батІиял рихьизариял тІуразаризе малъулел ва лъиениги пайда бахинчІел гІелмабаз ракІал къвакІизаруларо.
10
Нилъеца къурбаналъе къачІараб бакІалдаса гьан кваназе бегьуларо жугьутІазул къурбан хъолеб бакІалъул кашишзабазе.
11
Бищунго кІудияв кашишас би босун уна Бищунго Мукъадасаб бакІалде — мунагьал чуризелъун гьеб Аллагьасе кьезе. Гьел хІайваназул къулагІаби росдадаса яги шагьаралдаса къватІирехун рухІула.
12
Гьединго ГІисаги хвана шагьаралдаса къватІивехун, жиндирго биялдалъун гІадамазул мунагьал чуризе.
13
Гьединлъидал гьесда хадур къватІирехун рилълъинин нилъги, гьес хІехьараб инжитлъи-хІакъирлъиялъул бутІа щвезе!
14
Гьаб ракьалда гьечІо нилъ кидаго чІолеб шагьар. Нилъер хьул буго зобалаздасан рещтІине бугеб шагьаралде рорчІилилан.
15
ГІисал цІар рехсон Аллагьасе рецц гьабилин, — гьеб буго нилъер къурбан. Гьеб къурбан Аллагьасухъе щола щибаб нухалъ ГІисал цІар рехсараб кІалдисан.
16
Цоцазе лъикІлъи гьабичІого тоге, нужер бугебги цоцазе кье, — гьебги Аллагь разилъулеб къурбанин кколеб.
17
Нужер жамагІатазе бетІерлъи гьабулезухъ гІинтІаме ва гьезие мутІигІлъе, кидаго рорчІуда чІун нужер рухІал цІунула гьез ва Аллагьасе гьабураб хъулухъалъул жавабги кьола. Биччанте гьез гьеб, угьдилаго-зигардилаго гуреб (гьелъул нужее пайда гьечІо), рохуца холаго гьабизе.
18
Нижги дугІадулъ рехсе. Нижер ракІчІун буго нижер намус бацІцІад букІиналда. Кидагоги ритІухъго хьвадизелъидал ниж къеркьолел ругел.
19
Дица кутакалда гьарулеб буго нужеда, Аллагьасда гьарейин хехгого дун гьанжеги нужехъе витІейилан.
20
Абадияб КъотІиялъул биялдалъун нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ, гІиял рехъеналъул кІудияв вехь, хваралъуса вахъинавурав ва рекъел рещтІинабурав Аллагьас нужее
21
щвезабеги гьесул амру тІубазе къваригІунебщинаб лъикІлъи. ГІиса МасихІица квербакъаги нужее Аллагь разилъулебщинаб тІубазабизе. МасихІие абадияб-даимаб рецц! Амин.
22
Дица нужеда гьарулеб буго, вацал, гьаб дир гІемерго халалъичІеб кагътида хъвараб насихІаталъухъ сабурго гІенеккеян.
23
Нилъер вац Тимофей туснахъалдаса къватІиве виччан вуго. Хехгого гьаниве щвани, гьевги цадахъ вачина нужехъе вачІунеб мехалъ.
24
Салам бице нужер жамагІатазе бетІерлъи гьабулезда ва тІолабго Аллагьасул халкъалда. Италиялдаса вацазулги буго нужеде салам.
25
Аллагьасул баркат лъеги нужеда киназдаго.
← Chapter 12
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13