bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
2 Corinthians 11
2 Corinthians 11
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 10
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 12 →
1
Дун цодагьав гІантмахІав вугониги, хІехьеха нужеца! ХІехьейилан гьарулеб буго нужеда!
2
Рос-лъадуда гьоркьоб букІунеб гІадинаб гуреб, Аллагьасдасан бачІараб щакдари буго дир рекІелъ нужедехун: дица нужер магьари лъуна бихьинчияс квер хъвачІей бахІарай гІадин нуж цохІо вугев росасе — МасихІие кьезе.
3
Амма дун хІинкъун вуго, хІилла-макруялдалъун борхьица ХІава къосинаюрай гІадин, МасихІидехун ракІбацІцІалъиги ритІухълъиги рехун теялдалъун нуж къосинилан.
4
Нужехъе вачІун цо лъицаниги бицунеб бугони нижеца жиндир хІакъалъулъ бицун букІарав ГІиса гурев, гьез ГІисайилан абулев цогидав чиясул хабар, нуж гьелда божула; нужеде рещтІараб РухІ гуреб, цогидаб рухІалдаги божула; нужеца иман лъураб гуреб, цогидаб Рохалил хабарги бигьаго къабул гьабула.
5
«ЧІахІиял чапарзабийилан» рикІкІунел чагІаздаса дун сундалъунниги къадарав гьечІилан ккола дида.
6
Бицине кІалзул гьунар кІудияб гьечІониги, гІелму-лъай гІезегІанго цІикІкІараб буго дир. Кинабго рахъалдасан ва киналго ишазулъ бихьизеги гьабуна гьеб нужеда.
7
Аллагьасдасан Рохалил хабар нужеда гьоркьоб тІибитІизабулеб мехалъ, дунго хІакъир гьавун, нуж кІодо гьарун, нужехъа щибго босичІогойилан гІайиб чІвазеги бегьула нужеца!
8
Иман лъуразул цогидал жамагІатал «талавур гьаруна» дица, нужее кумекалъе гІарацги гьездаса тІалаб гьабун.
9
Нужер гьенив вугеб заманалда дие гІарац хІажалъаниги, нужер гьодиде гьир бегизабичІо дица — дие хІажатабщинаб кьуна Македониялдаса рачІарал вацаз. ГьанжелъагІанги дица нужедаса щибго тІалаб гьабичІо, гьанжеялдаса хадубги гьабиларо.
10
Гьелдаса бугеб чІухІиги дир рекІелъа, — дилъ бугеб МасихІил ритІухълъиялхІайилан гьедулев вуго дун нужее, — гьеб Ахаялъул киналго бакІазда цониги чиясда бахъизе кІвеларо.
11
Щай? Дие нуж рокьуларелъулищ? Аллагьасда лъала гьеб.
12
Дица гьанжелъагІан гьабулеб букІарабщинаб гьанжеялдаса хадубги гьабила, — жидецаги Аллагьасе хъулухъ нижеца гІадин гьабулеб бугилан жалго реццизе бокьарал гІадамалги ругелъул. Амма гьедин жалго реццизе нух кьеларо дица гьезие.
13
Гьел руго гьересичапарзаби, яхІ-намус гьечІел хІалтІухъаби. МасихІил чапарзаби ругилан чІарал чагІи руго гьел.
14
Гьелда хІикмалъизе ккеларо! Нуралъул цІурав малаикасухъего хІала илбисги.
15
РитІухълъиялъул хъулухъчагІи ругилан илбисалъул рагьтІателал чІеялдаги хІикмалъизе ккелищ? Амма гьезул ишазда рекъараб тамихІги ахирги хІакъаб буго гьезие!
16
Цоги нухалъ абулеб буго: лъицаниги рикІкІунге дун гІантмахІав вугилан. Дун гІантмахІав ватаниги, дихъ гІенекке, дунго дицаго цодагьав веццилин.
17
Гьанже дица абизехъин бугеб рагІи ТІадегІанасдасан бачІараб гуро. Жидедаго ракІчІун гІабдалзабаз жалго реццулел гІадин, дунго веццизе лъугьун вуго.
18
Гьаб дуниялалъул ишаздаса чІухІун, гІемерисез жалго жидецаго реццулел гІадин, дицаги веццила дунго.
19
Гьединалго гІакъилал гІадамаллъидал нужги, гІабдалзаби нужеца рази-ракиго хІехьолел руго.
20
Нужеца хІехьолеб буго гьез нуж лагълъиялде ккезаруниги, гьез нуж талавур гьаруниги, гьез нужеда тІад кверщел гьабуниги, гьел нужедехун гІамалкІодого ругониги, гьез нужер гьурмалъ хъатал ралел ругониги.
21
Гьединал ишазе, гьезул гІадин, нижер гьунар рекъечІилан нечезейищха ниж кколел? Сундасаниги чІухІун живго веццизе кІолев чи цониги ватани, дидаги кІола гьелдаса чІухІун дунго веццизе. (ГІантмахІав чи гІадин кІалъалев вуго дун гьанив!)
22
ЖугьутІал рукІани щиб гьел? Дунги жугьутІав вуго. Исраилил наслу букІани щиб? Дунги гьебго наслуялъул вуго. Ибрагьимил зурият букІани щиб? Дунги гьеб зурияталъул вуго.
23
МасихІие хъулухъищ гьез гьабулеб бугеб? БетІер сверарав чияс гІадин абила дица: гьез гьабуралдаса цІикІкІун гьабуна дица гьеб. ЦІикІкІун хІалтІизеги хІалтІана, туснахъаздеги цІикІкІун ккана, чан нухалъ дун вухаравалиги рикІкІун хІал кІвеларо, хвалил бадивеги чанцІулго валагьизе ккана.
24
ЖугьутІаздасан дие щуцІулниги насиблъана лъебералда ичІ-ичІ нухалъ гьодилъ цІал кьаби.
25
Румазги дун лъабцІулниги тІилица вухана, цо нухалъ ганчІица чІвалевги вукІана. Ралъад гьалаглъараб мехалъ гамидаги вукІана лъабго нухалъниги. ТІубараб сордо-къоялъ ралъдадаги хутІана.
26
ГІемерал сапараздаги вукІана дун. ГІорал-лъараздасан хІинкъи, хъачагъаздасан хІинкъи, дирго халкъалдасан хІинкъи, цогидал халкъаздасан хІинкъи, шагьаразда букІунеб хІинкъи, гІадан-чи гьечІел бакІаздаги хІинкъи, ралъдадаги хІинкъи, гьересиго вацаздасанги хІинкъи...
27
ЗахІматаб хІалтІи, макьу гьечІел гІемерал сардал, ракъи-къеч, гІемераб заманаялъ ккураб кІал, квач ва хохораб ретІел...
28
ТІаде жоялъеги щибаб къоялъ дида тІаде бегун буго иман лъуразул тІолалго жамагІатазул тІалаб-агъазги.
29
Цо лъилниги тату хвани, гьесдаго цадахъ дирги тату холарищ? Цо щивниги къосинехъин вугони, — цІа рекІунарищ дида?
30
Дунго веццизе ккани, дирго загІиплъи беццила дица.
31
ТІадегІанав ГІисал Эмен — Аллагьасда (Жиндие рецц даимлъаясда) лъала дица гьереси бицунеб гьечІолъи.
32
Дамаскалда Арета парччахІасул сардарас шагьаралъул киналго кавабазухъ хъаравуллъи чІезабун букІана дун кквезе,
33
амма дун шагьаралъул къадалъ бугеб картІинисан гьагьинивги лъун гъоркье виччана ва гьесдаса хвасарлъана.
← Chapter 10
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 12 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13