bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
2 Corinthians 3
2 Corinthians 3
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 2
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 4 →
1
Ниж щал чагІияли нужеда гьанжеги бихьизабизейищ ниж кІалъалел ругел? Цогидазе гІадин, нижее хІажат бугебищ ниж реццарал кагътал я нужехъе хъвазе, я нужеца хъван рачІине?
2
Нуж руго — ниж реццараб кагъат! Нижер ракІазулъ хъван буго гьеб, киназдаго лъазе, киназго цІализе!
3
Щакъиялъ гуреб, хІакъав Аллагьас битІараб РухІалдалъун МасихІица хъван, нижеца босун бачІараб кагъатлъун ругеллъи бихьизабуна нужеца. ГанчІил къаназда гуреб, инсанасул рекІеда хъвараб кагъатин гьеб.
4
МасихІидалъун Аллагьасде кІудияб божи-иман бижун буго нижер рекІелъ.
5
Сундуениги ярагьунел чагІи ниж ругилан абизесеб гьунар гьечІо нижелъ, кинабго Аллагьасдасан щвараб буго.
6
Гьес лъугьинаруна ниж ЦІияб къотІиялъе хъулухъ гьабизе ярагьунеллъун. ЦІияб къотІиялъул аслу-кьучІ хІарпазулъ гуро бугеб, РухІалъулъ буго. ХІарпалъ хвезарула, РухІалъ чІаголъизарула!
7
Къанун хъван букІана ганчІил къаназда. Аллагьас гьеб рещтІинабулеб мехалъ илагьияб Нур гвангъана, гьеб дагьабго заманаялъ загьирлъун букІаниги, Исраилил халкъалда кІвечІо гьеб Нуралъ гвангъизабураб Мусал гьурмахъ ралагьизе. Хвалде рачунеб Къанунгун цадахъ рещтІараб Нур гьединаб гвангъараб букІараб батани,
8
Илагьияб РухІалъ чІезабураб къотІиялъул Нур кигІан кутакабха букІинеб?
9
ТамихІалде рачунеб Къанунгун цадахъ рещтІараб Нур гьединаб гвангъараб букІараб батани, инсан ритІухъ гьавулеб РухІалъул Нур кигІан кутакабха букІинеб?
10
Кидаялиго Къанунгун цадахъ рещтІараб Нур гьанже тІубанго тІагІун буго, гьелдасаги гІемерго гвангъараб Нур хІакълъунго ракьалде рещтІун бугелъул!
11
Дагьабго заманаялъе рещтІараб Нур гвангъун букІараб батани, гьелдаса гІемерго цІикІкІун гвангъула абадияб Нур.
12
Гьеб киналдего хьул лъезе рес бугелъул, рагьун ва хІинкъичІого кІалъала ниж.
13
Ссун унеб ва цебеса тІагІунеб Нур Исраилил халкъалда бихьичІого букІине гьумер пардавалъ бахчарав Муса гІадин гурелха.
14
РакІбицалъун букІана гьезул. Жакъа къоялде щвезегІанги, НекІсияб къотІиялъул ТІухьдул цІалулеб мехалъ, гьеб пардав букІуна гьезул гьурмазда цебе. ВачІун МасихІицалъидал гьеб бахъун рехулеб.
15
Жакъа къоялде щвезегІанги, Мусал Къанун цІалулеб мехалъ, гьеб пардавалъ бахчун букІуна гьезул ракІги.
16
Амма инсан БетІергьанасдехун вуссиндал, гьес бахъун рехула гьеб.
17
Гьаниб БетІергьан абураб рагІул магІна ккола Илагьияб РухІ. Аллагьасдасан бачІараб РухІ бугеб бакІалда эркенлъиги букІуна!
18
Пардавалъ гьумер бахчичІого, матІуялъуре гІадин, ралагьула ниж БетІергьанасул гвангъараб Нуралъухъ. Нижелъ гьеб Нур дагь-дагьккун гвангъидал, нижги лъугьуна гьесул сипатлъун. Гьеб кинабгоги лъугьуна жинда РухІилан абулев БетІергьанасдасан.
← Chapter 2
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 4 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13