bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
2 Corinthians 7
2 Corinthians 7
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 6
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 8 →
1
Нилъее гьедин рагІи кьун бугелъул, дир хириял, хІарамабщиналдаса бацІцІад гьабилин нилъерго черхги рухІги! Аллагьасукьа хІинкъун, гьеб рацІцІалъиги камиллъизабилин! Павел коринфияздаса рази вуго
2
Нужерго ракІал рагье нижее. Нужер цониги чиясе квешлъи гьабичІо нижеца, цониги чиясул магІишат биххизабичІо, цонигиясдалъун нижгоги бечелъичІо.
3
Нужеда гІайиб чІвазе гуро дица гьедин абулеб бугеб. Цебеги абун букІана: нуж нижер ракІазулъ рукІина ниж хваниги-рахъаниги.
4
Дун нужеда цІакъ божун вугевха! Дун нужедаса цІакъ чІухІун вугевха! Гьаб кинабго гІазаб-гІакъуба бугониги, дун цІакъ чІаголъиялда вуго! ЦІун тІасан чвахулеб рохелги буго рекІелъ!
5
Гьанире Македониялде рачІараб мехалъ, рахІат-хІалхьи толеб букІинчІо нижее. Кирехун руссаниги, балагь батулаан цебечІун, — къватІисан тІаделъиги, жаниб рекІелъ хІинкъиги.
6
Язихъал-пакъираздаги кверчІвалев Аллагьас кверчІвана нижеда, Титги гьаниве витІун.
7
Гьев вачІиналдаса гуребги, нужеца гьесда кверчІванилан бициндалги вохана. Гьес бицана, нуж диде ракІщун ругилан, дандеккунгутІи сабаблъун къварид ругилан, кІудияб гъира-шавкъалда нужеца дир рахъ кколебги бугилан. Дагьавги цІакъ вохана дун гьелдаса.
8
Дир кагътица нуж пашманлъизарун ратаниги, гьанже дир ракІбухІун гьечІо гьеб хъваялдаса. Доб мехалъ ракІбухІун букІараб батаниги, дида бихьана гьеб кагътица нуж цо дагьабго заманаялъгІаги пашманлъизарураллъи.
9
Амма гьанже гьелдаса вохун вуго. Нуж пашманлъиялдаса гуроха дун вохун вугев, гьелдалъун нуж кантІиялдасайин. Гьеб пашманлъи Аллагьасдасан бугелъул, нижедасан нужее щибго зарал-зиян ккун гьечІогури.
10
Аллагьасдасан бугеб пашманлъиялъ кантІизарула, хвасарлъизарула. Гьелдаса ракІбухІизеги кколаро. Амма гьаб дуниялалъул пашманлъиялъ хвалде рачуна.
11
Халгьабеха гьеб Аллагьасдасан бачІараб пашманлъиялъ нужелъ гъира-шавкъ бижизабураб куцалъухъ! Нужго рацІцІалъизе бахъараб хІаракаталъ, мунагь гьабурасдехун ццидал кутакалъ, гьелда хурхун букІараб ахІи-хІуралъ, дун вихьизе бугеб урхъиялъ, гІайиб ккарасе гьабураб тамихІалъ, — гьеб киналдалъунго нужеца бихьизабуна нуж гьеб ишалъулъ рацІцІадал рукІин.
12
Дица доб кагъат нужехъе хъван букІаниги, гьеб хъван букІинчІо жиндие зарал гьабурав чи яги жинца зарал гьабурав чи сабаблъун. Гьеб хъван букІана Аллагьасда цебе нижедехун кинаб рокьи нужер бугебали нужедаго бичІчІизе.
13
Гьелъ нижер ракІбатизабуна. Гьелъ ракІбатизабун ниж ругеб мехалда, дагьабги ракІбатизабуна Титги нужедаса вохун вукІин лъайдал. Гьесул рекІелъа ургъел бачахъун буго нужеца киназго.
14
Дица нуж гьесие цІакъ реццун рукІана, гьеб сабаблъун нечезе ккечІо дун. Нижеца нужеда бицарабщинаб битІараб букІарабго гІадин, нуж реццун нижеца Титида бицун букІарабги битІараб батана.
15
Нужехъе жив вачІараб мехалда нужер букІараб хІинкъиги, сородиги, мукІурлъиги ракІалде щун, гьанже Титие жеги цІикІкІун рокьулел руго нуж.
16
Дун вохун вуго тІубанго нужеда божизе бегьулеб букІиналдаса.
← Chapter 6
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 8 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13