bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
2 Corinthians 12
2 Corinthians 12
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 11
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 13 →
1
Диего рецц-бакъ гьабизе кколеб буго — дие пайда гьечІониги, гьанже бицинин ТІадегІанасдасан рукІарал илгьамазулги церетІамиязулги.
2
Дида лъала МасихІиде цолъарав цо чи. Гьанжеялдаса анцІила ункъо соналъ цеве лъабабилеб зодове восун ун вукІана гьев. (Черхгун цадахъищ — дида лъаларо, гІицІго рухІищ — гьебги лъаларо, Аллагьасда лъала.)
3
[3-4] Дида лъала гьев чи алжаналъуве вачун ун вукІаравлъи. (Черхгун цадахъищ — дида лъаларо, гІицІго рухІищ — гьебги лъаларо, Аллагьасда лъала.) Гьениб гьесда рагІана лъицаниги абичІел ва инсанас абизеги бегьуларел рагІаби.
5
Гьединав чиясда рекъараб буго живго веццизе, дида рекъараб гьечІо, дирго загІиплъи беццани гурони.
6
Дунго веццизе байбихьаниги, гІантмахІавлъун лъугьинаро дун, дица битІараб бицунелъул. Дир хІакъалъулъ рагІарабги дилъ бихьарабги гурони гІадамаз бицине бокьун гьечІелъул, диего рецц-бакъ гьабиларо дица.
7
Диеги илгьамал лъугьанилан дун цІакъго чІухІдарунгутІизе, Аллагьас дир чорхолъ къазабун буго гІазаб-гІакъубаялъул заз. Гьеб ккола илбисалъул чапар. ЧІухІдарунгутІизелъун дун вухизе изну кьун буго Аллагьас гьев чапарасе.
8
Дица лъабцІулго гьарана ТІадегІанасда, гьев тІаса восейилан.
9
Амма Гьес абуна: «Дидасан бугеб баркатги гІела дуе, загІиплъиялъулълъидал дир къуват камиллъулеб». Гьединлъидал дагьабги цІикІкІун беццила дица дирго загІиплъи, МасихІил къуват дилъго хутІизе.
10
МасихІие гІоло загІиплъизеги, инжит-хІакъир гьавизеги, захІмалъи баччизеги, хадурчІун дир рахІат хвезабулезул гІазаб-гІакъуба хІехьезеги рази вуго дун, — загІиплъараб мехалълъидалха дун къуватавлъун лъугьунев.
11
ГІантмахІав чияс гІадинал жал рицунел руго дица. Нужеца рицинаруна дида гьел. Нужедани лъазе кколаан дун кинав чи вугевали. Дунго щивго гурев чи вугониги, гьел «чІахІиял чапарзабаздаса» сундалъунниги къадарав гьечІо.
12
Нужее загьирлъун рукІана хІакъав чапар вукІин лъазабулел жал: сундулъго сабру, мугІжизатал, гІаламатал ва Аллагьасдасан рещтІараб къуватги.
13
ГІарац кьейилан нужер гьодиде гьир бегизабичІолъи гурони, иман лъуразул цогидал жамагІатазе гьабуралдаса батІияб мекъаб-тІекъаб жо щиб дица нужее гьабураб? Гьеб рехсараб «гІайиб» кканин, тІасалъугьа дидаса!
14
Гьанже дида ракІалда буго лъабабизеги нужехъе вачІине. Гьебмехалдаги нужер гьодиде гьир бегизабиларо дица, нужераб гуро дие къваригІун бугеб, нужго къваригІун руго. Лъималаз гуро эбел-инсуе нахърател гьабизе кколеб, эбел-инсуца лъималазейин.
15
Дун рази вуго дир бугебщинабги нужее кьезе, дунгоги кьезе. ГьадигІан цІакъ дие нуж рокьулеб мехалъ, нужее дун дагьго вокьизе бегьилищ?
16
Нужедаго лъалагури, щибниги гьарун дица нужеда захІмат баччизабичІолъи. Амма цо-цояз абизе бегьула сихІирго хІалтІун хІиллаялъ кверде росанин дица нужилан.
17
Дица нужехъе ритІаразул цоясдасангІаги щибниги щварабищ дир бетІербахъиялъе?
18
Дица Титида гьарана нужехъе айилан ва гьесда цадахъ цо вацги витІана. Титица бегьарабищ нужер кисинибе квер? Цого Илагьияб РухІалъ малъухъе гурищ дунги гьевги хьвадулел ругел? Цого галаби гурищ нижеца тІамулел ругел?
19
Гьаб кагъат цІалулаго нужеца пикру гьабун батила нужеда цере нижго ритІухъ гьаризе лъугьунел ругин нижилан. Аллагьасда цере МасихІиде цолъун кІалъалел руго ниж. Нужер гІумру берцин гьабизе гІоло буго, дир хириял, гьеб кинабго.
20
Дун хІинкъун вуго, — нагагь дун гьениве вачІани, дида ратизе бокьараб къагІидаялда нужги ратиларин, нужеда ватизе бокьараб къагІидаялда дунги ватиларин. Нужеда гьоркьоб дагІба-къец, щакдари, ццин, хъантІи, бугьтан, мацІ, чІухІи-пахрулъи ва гъалмагъир батилин хІинкъун вуго.
21
Гьанжеги нужехъе вачІараб мехалъ нуж сабаблъун дир Аллагьас дун гІодовегІанлъизе гьавилиланги хІинкъун вуго. Гьебмехалда нужер гІемерисезда хадуб (хваразда хадуб гІадин) магІу гьабизе ккела дица. Гьел рукІина адаб гьечІолъи, пасалъи, хъахІбалъи гІадинал мунагьал гьаруниги, жал кантІичІел, гьел рехун течІел гІадамал.
← Chapter 11
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 13 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13