bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
2 Corinthians 6
2 Corinthians 6
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 5
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 7 →
1
Аллагьасда цере хІалтІулаго нижеца нужеда гьарулеб буго: Аллагьас нужеде рещтІараб баркат гІадада хвезе тогейилан.
2
Гьес абун бугелъул: «Болжал щвараб заманалда дур гьари-дугІа къабул гьабуна Дица, мун хвасарлъизе хъван букІараб къоялъ дуе кумекги гьабуна Дица», — ян. Гьале гьанже бачІун буго доб болжал щвараб заман, бачІун буго нилъ хвасарлъизе хъван букІараб къо!
3
Нижеца лъиениги квекІен гьабуларо, — Аллагьасе гьабулеб хъулухъалда лъицаниги гІайиб чІвангутІизе.
4
Гьелъул гІаксалда, нижеца гьабулебщиналдалъун бихьизабула Аллагьасе хъулухъ гьабулеб букІин: кІудияб сабруялда хІехьола балагьал, къварилъаби, гІазабал,
5
тІилица рухи, туснахъалда тІами, питнаби, захІматаб хІалтІи, макьу тей, кІалкквей.
6
Нижелъ буго рацІцІалъи, лъай-гІакълу, сабру, ракІлъикІлъи, Илагьияб РухІ, унго-унгояб рокьи,
7
хІакъаб рагІи ва Аллагьасдасан бачІараб къуват. Нижер кваранабги квегІабги хъатикь буго ритІухълъиялъул ярагъ.
8
Нижер хІурматги гьабула, ниж хІакъирги гьарула. Ниж какула, ниж реццула. Нижеца гуккулел ругилан абула, амма нижеда божизе бегьула.
9
Нижер цІар тІибитІун гьечІо, амма киназдаго ниж лъала. Ниж хванилан рикІкІуна, амма ниж чІаго рукІин бихьулеб гьечІищ! Суд гьабун ниж рухана, амма чІвазе кІвечІо.
10
Ниж къварид гьарула, амма ниж рохун рукІуна. Ниж мискинго руго, амма нижеца гІемерал гІадамал бечелъизарула. Нижер щибниги гьечІо, амма кинабгоги нижеда кодоб буго.
11
Нижер кІутІбуз, коринфиял, битІараб бицуна нужеда, нижер ракІалги нужее рагьарал руго.
12
Нижеца гуро нужедаса ракІалда бугебщинаб бахчулеб бугеб, нужецайин ракІалда бугебщинаб нижедаса бахчулеб бугеб.
13
Дирго лъималазда гІадин гьарулеб буго дица нужеда: нужецаги ракІал рагье нижее.
14
Иман гьечІелгун цадахъ цо рукьалда рарал оцал гІадин рукІунге. РитІухълъиги пасалъиги цоцазда бухьине кин бегьулеб? Канлъиги бецІлъиги кин цадахъ букІунеб?
15
МасихІидаги илбисалдаги гьоркьоб маслихІат кин гьабулеб? Иман лъуравги иман гьечІевги цоцазда кин релълъунев?
16
Мукъадасаб Рукъалдаги гьересиаллагьзабаздаги гьоркьоб кинаб хурхен-рухьен букІунеб? Нилъ ругелъулха хІакъав Аллагьасул Мукъадасаб Рукълъун. Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дун гьезухъе рещтІина, гьезда цадахъ вукІина, гьезул Аллагьлъун лъугьина, ва гьелги дир халкълъун лъугьина, — ян абулеб буго БетІергьанас.
17
— Гьединлъидал гьезда гьоркьоса нахъе а, гьездаса батІаго чІа, хІарамаб жоялдаги хъваге».
18
Цоги: «Дица нуж дихъего рачина, нужее эменлъи гьабила, нужги Дие васаллъунги ясаллъунги рукІина, — ян абулеб буго Къудратав БетІергьанас».
← Chapter 5
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 7 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13