bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
2 Corinthians 2
2 Corinthians 2
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 3 →
1
Дица хІукму гьабуна, дун вачІунилан нужее квеш кколеб батани, гьанже нужехъе вачІинчІого чІезе. Нуж пашманлъизаризе бокьун гьечІо дие.
2
Нуж пашманлъизаруни, дица пашманлъизарураз гурони, лъица дун вохизавилев?
3
Дица доб кагъат хъван букІана нужехъе вачІараб мехалъ, вохизавизе кколез дун пашманлъизавизе бокьичІого. Дир ракІчІола, дун вохун вугони, нуж киналго рохизе рукІиналда.
4
Доб кагъат хъвалеб мехалъ дун цІакъ пашманго вукІана: ракІги къварилъун букІана, бераз магІуги тІолеб букІана. Нуж пашманлъизаризе гуреб, нужеде бугеб дир рокьул гьарзалъи бихьизабизейин дица доб кагъат хъван букІараб.
5
Дун пашманлъизавунилан нужеда ракІалде ккарав чияс дун гуро пашманлъизавурав. Гьес цодагьалго пашманлъизаруна нуж киналго, гьелъул хІакъалъулъ тІокІаб бицине бокьун гьечІо дие.
6
Нужер гІемерисез гьабураб тамихІги гІела гьев чиясе.
7
Гьанже, тІасаги лъугьун, гьесул ракІбатизабизе ккела нужеца, — цІакъго пашманлъун, тату хунгутІизе.
8
Гьединлъидал дица нужеда гьарулеб буго: гьевги нужее вокьулевлъи бихьизабе гьесда.
9
Нужер хІалбихьизе ва сундулъго дие мутІигІал ругищалиги лъазе хъван букІана дица доб кагъат.
10
Нуж тІасалъугьарасдаса дунги тІасалъугьуна. Дун тІасалъугьунев вугони (тІасалъугьине рекъараб жоги бугони), МасихІги нугІлъун гьавун, тІасалъугьуна дун — нужее пайдаялъе.
11
Дица гьедин гьабула, илбисалъ нилъго гуккунгутІизе, — гьелъул къасдал лъаларел чагІи гурелъулха нилъ.
12
МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар лъазабизе дун Троадаялде вачІараб мехалъ, ТІадегІанас дие нуцІа рагьун батана.
13
Амма дир ракІ гІодобе биччалеб букІинчІо дир диналъул вац Тит гьенив ватичІелъул. Гьединлъидал, гьенир ругезе къолъикІги гьабун, дун Македониялде ана.
14
МасихІил бергьенлъиялъул байрамалде ниж рачунев Аллагьасе рецц! Аллагьас ниж ритІула, махІ гьуинаб нахул кьеккен гьабулеб гІадин, МасихІил хІакъалъулъ киса-кибего лъазабизе.
15
Хвасарлъулезеги холезеги ниж руго — МасихІица Аллагьасе къурбанлъун кьеккен гьабулеб гьеб махІ гьуинаб нах.
16
Холезе ниж руго — хвалил махІ, хвасарлъулезе ниж руго — чІаголъиялъул гьуинаб махІ. Гьеб нижее бугеб тІадкъай тІубазабизе щал ярагьунел?
17
Аллагьасул рагІабийилан гьерсалги рицун, цогидал гІемерисел гІадин гІиси-бикъинаб дармиде машгъуллъуларелъулха ниж! Аллагьасул чапарзаби ругелъул, Аллагьасда рагІулеб бугеб гІадин, МасихІидеги цолъун, ракІбацІцІадго бицуна нижеца Рохалил хабар.
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 3 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13