bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
1 Corinthians 10
1 Corinthians 10
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 9
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 11 →
1
Дие бокьун буго, вацал, нужеда ракІалде щвезабизе: Мисриялдаса нахъе унеб мехалда нилъер киналго умумул накІкІул рагІдукь ккун рукІана, киназго ралъадги бахана.
2
Киналго гьел Мусада нахърилълъун накІкІуцаги ралъдацаги чурана.
3
Гьез киназго кванана цого-цо илагьияб квен,
4
цого-цо илагьияб гьекъелги гьекъана гьез. Илагьияб кьурулъан чвахун бачІараб лъим гьекъана гьез. Гьеб кьуру гьезда цадахъ букІана. МасихІ ккола гьеб.
5
Амма гьезул гІемерисез Аллагь рази гьавичІо — гьезул жаназаби авлахъалда щущана.
6
Гьеб буго нилъее мисал — гьел гІадин нилъ квешлъиялда нахърилълъинчІого рукІине.
7
Гьезул цо-цояз гІадин аллагьалилан тарал жалазе лагълъи гьабуге нужеца. ТІухьдузда хъван бугелъулха: «ГІодор чІун кваназе-гьекъезе лъугьана халкъ, цинги аллагьилан тараб жоялъул хІурматалда пасатабщинабги хъубабщинабги гьабизе лъугьана».
8
Гьезул цо-цояз гІадин хъахІбалъи гьабиларин нилъеца. Гьез хъахІбалъи гьабуна — ва цохІо къоялъ гьезул къоло лъабазарго чи хвана.
9
Гьезул цо-цоял гІадин, БетІергьанасул хІалбихьизе лъугьинарин нилъ. Гьел хвана борхьаз хІанчІун.
10
Гьезул цо-цоял гІадин, Аллагьасде дандечІун, гъулгъудизе бегьуларо нилъ. Гьеб сабаблъун хвалил малаикас хвезаруна гьел.
11
Гьеб киналъулго хІакъалъулъ ТІухьдузда хъван буго нилъее гІакълу щвеялъе гІоло. Ахирзаманаялде гІагарлъулел ругелъулха нилъ.
12
Гьединлъидал, вахъун чІун вугилан ккарав гІодов ккезе гурин.
13
ГІадамазда гьоркьоб букІунеб гурони гІазаб-балагь рещтІинчІо нужеде. Аллагьас жиндирго къотІи хвезабуларо — хІехьезе кІолареб гІазаб-балагь биччаларо гьес нужеде. ГІазаб-балагьалда цадахъго гьес нужее бихьизабила гьеб хІехьезе ресги.
14
Гьединлъидал, дир хириял, гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабиялдаса рикІкІалъе.
15
ГІакъилал гІадамазда гІадин бицунеб буго дица нужеда. Нужецаго пикру гьабе дица бицаралъул.
16
ТІадегІанасул хІурматалда нилъ гІодор чІун сардилъ кванала ва, гьари-дугІа гьабун, щурминиса чагъирги гьекъола, — гьелъул магІна ккола МасихІица тІураб бидулъ нилъерги бутІа букІин. Кваналаго нилъеца чед бекиялъул магІна ккола МасихІил чорхолъги нилъер бутІа букІин.
17
Гьеб чед цо бугелъул, нилъ гІемер ругониги, цохІо черх лъугьуна. Нилъеца кинацаго цохІо чед цоцазе бикьун кваналелъулха!
18
Исраилил халкъалъухъ балагье: къурбаналъе хъураб жо кваналелщиназ жидерго бутІа лъолагури гьез гьабулеб тІагІаталъулъ.
19
Щиб абизе дие бокьун бугеб: гьересиаллагьзабазе гьабулеб къурбан магІнаяб жо бугиланищ? яги гьересиаллагь магІнаяб жо бугиланищ?
20
Гуро! Дие абизе бокьун буго: мажусиязул къурбан гьез Аллагьасе гуро гьабулеб, жундузе гьабула. Дие бокьун гьечІо нужеца жундузулгун гьоркьоблъи гьабизе.
21
Цин ТІадегІанасул щурминисан, цин жундузул щурминисан гьекъезе бажариларо нужехъа. Цин ТІадегІанасул столалдасан, цин жундузул столалдасан кваназеги бажариларо.
22
БетІергьанасул ццин бахъинейищ нужее бокьун бугеб? Гьесдаса къуваталищ нилъ ругел?
23
«Бокьарабщинаб гьабизе бегьула», — ян абула цо-цояз. Амма бокьарабщиналъул гуро пайда бугеб. «Бокьарабщинаб гьабизе бегьула». Амма бокьарабщиналъ гуро кумек гьабулеб.
24
Биччанте щивав чи жиндиего пайдаялъе гуреб, гІагарда вугесе пайдаялъе хІалтІизе.
25
Нужеца базаралдаса гьан босе щибго цІехечІого ва хІинкъичІого кванай.
26
ТІухьдузда хъван бугелъулха: «Ракьги ракьалда бугебщинабги БетІергьанасулин».
27
Иман лъечІев чияс мун гьоболлъухъ ахІани, ине ракІалде ккани, дудаго цебе лъураб жо кванай щибго цІехечІого ва хІинкъичІого.
28
Мажусиязул къурбаналъул бугин гьеб квенилан дуда лъицаниги абуни, дуца гьеб кванаге, дуда гьеб абурав чи гІодове виччазавизе.
29
Гьеб кваназе мун хІинкъиялъул гуро дица бицунеб бугеб, гьев хІинкъун вукІиналъулин. Цо лъицаниги гьикъани: «Цогидасул хІинкъи сабаблъун диего бокьараб гьабичІого тезе щай дица кколеб?
30
Аллагьасе реццги гьабун дица гьеб квани, лъица дида гІайиб чІвалеб, Аллагьасе рецц гьабун дун квананилан?»
31
Щиб гьабулел ругониги — кваналел ругониги, гьекъолел ругониги, — Аллагьасе рецц гьабичІого тоге.
32
ЖугьутІалги, грекалги, Аллагьасде иман лъуразул агьлуги къосинариларедухъ хьваде нуж.
33
Диего пайдаялъе гуреб, гьел хвасарлъизе гІологи гІемеразе пайдаялъе гІологи хІалтІулев дун гІадин хьваде.
← Chapter 9
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 11 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16