bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
1 Corinthians 8
1 Corinthians 8
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 7
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 9 →
1
Гьанже бицинин мажусиязул аллагьзабазе къурбаналъе хъурал жалазул гьанал хІакъалъулъ. Нилъер киназулго гІелму-лъай бугилан битІун абулеб буго нужеца. Амма гІелму-лъаялъ гІадамасул гІамал кІодолъизабула. Рокьиялъ берцинго гІуцІула инсанасул гІумру.
2
Жинда цо щибниги лъалилан ракІалде кколеб бугони, унго-унгояб лъай гьесие щун букІунаро.
3
Амма Аллагь вокьулев чи Аллагьасда лъала.
4
Мажусиязул аллагьзабазе къурбаналъе хъурал жалазул рахъ босани: нилъеда лъала гьезул аллагьзаби щибго гурел жал рукІин, цо гурони, тІокІав батІияв Аллагь гьечІевлъиги.
5
Ракьалда рукІа, зобалазда рукІа гьел аллагьзабийилан абулел жал ругилан телин (гьел цІакъ гІемер руго — «аллагьзабийилан» абулелги, «бетІергьабийилан» абулелги).
6
Амма нилъер Эмен — Аллагь цохІо вуго, жинца кинабго бижарав ва жиндиего гІоло нилъ рижарав. Нилъер цо бетІергьан вуго — ГІиса МасихІ. Гьесдалъун бижун буго кинабго, гьесдалъун нилъги чІаголъана.
7
Киназдаго гуребха гьеб лъалеб. Цо-цоял гьел гьересиаллагьзабазде цІакъго ругьунлъун руго ва гьез гьанжегицин мажусиязухъа босараб гьан кваналеб буго, дозие къурбанлъун гьебги рикІкІун. Мунагь ккеладайилан щакдарулелги руго гьел, хІарамаб жоцин кваналеб бугодай жидецаян.
8
Амма кваница нилъ Аллагьасде гІагар гьаруларо. Гьеб кваначІогойилан камулеб жоги гьечІо нилъее, квананилан щолеб жоги гьечІо.
9
Бегьулебилан рикІкІунебги бегьуларебилан рикІкІунебги кваналеб букІин гьел иман загІипазе нухда хІетІе тункулеб гамачІлъун лъугьине гурин.
10
Мунагь ккеладайилан щакдарулев чиясда вихьани гьединаб лъай бугев мун мажусиязул мукъадасаб рокъов гІодовги чІун кваналев, духъ валагьун, гьесги кванала гьезул къурбаналъул гьан.
11
Гьедин гьеб дур «гІелму-лъай» сабаблъун — гьев иман загІипав чи — жиндие гІоло МасихІ хвалде арав дур диналъул вац хвезеги бегьула.
12
Дурго вацазе заралаб мунагь гьабун, щакдарулеб гьезул ракІги лъукъун, МасихІиде дандечІун мунагь гьабулеб буго дуца.
13
Гьедин, дир вац къосиналъе сабаблъун квен лъугьунеб бугони, гьев къосинавизегІан, киданиги гьан кІалдибе босичІого чІела дун!
← Chapter 7
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 9 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16