bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
1 Corinthians 9
1 Corinthians 9
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 8
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 10 →
1
Дун эркенав чи гурищ? Дун МасихІил чапар гурищ? Нилъер ТІадегІанав ГІиса вихьарав чи гурищ? ТІадегІанасде нуж цолъи дир хІаракатчилъиялъул хІасил гурищ?
2
Цогидазе дун чапар ватичІониги, нужее дун чапарлъидалха! ТІадегІанасде цолъараб нужер гІумруялъ нугІлъи гьабула дун МасихІил чапар вукІиналъе.
3
Гьеле гьедин, дунго ритІухъ гьавун, жаваб кьола дица дир ишазул цІех-рех гьабизе бокьаразе.
4
Кваназеги гьекъезеги гІарац щвезе ихтияр гьечІебищ нижер?
5
Нижер ихтияр гьечІебищ, цогидал чапарзабаз гІадин, ТІадегІанав ГІисал вацаз яги Пётрица гІадин, нилъер диналъул яцаздасан лъади ячине ва гьейгун цадахъ сапаралде ине?
6
Яги гІицІго диеги Барнабаегийищ ихтияр гьечІеб бетІербахъиялъе хІалтІичІого чІезе?
7
Мухьдахъ ккурав рагъухъан жиндирго гІарацги харж гьабун вагъулевищ? Жиндирго цІибил квинчІого толебищ ахихъанас? Жиндирго рохьдолъа гІачиязул рахь гьекъечІого толебищ вехьас?
8
ГІадамазул гІадатияб гІумру-яшавалдасан гьединал мисалал рачине бегьи гуребги, гьелъулго хІакъалъулъ Къануналдаги буго.
9
Мусал Къануналда хъван бугелъулха: «Лал бокъунеб бугеб оцол кІалалда таргьа баге», — ян. Аллагьас оцазул тІалаб-агъаз тІаде босун абурал рагІабийищ гьел?
10
Гьес нилъер хІакъалъулъ гуребдай гьеб абун бугеб? Гьайгьай, нилъер хІакъалъулъ абун буго. Векьарухъанас бекьула ва лал тІамулес лалги тІамула хуриса бачІаралъул бутІа щвезе хьулалда.
11
Нужеда гьоркьоб Илагьияб РухІалъул хьон хьарал нижеца хьул-къасд гьабулеб бугони, гьелдасан бижаралъул бутІа бетІербахъиялъе щвелародайилан — цІикІкІараб мухьищха гьеб кколеб?
12
Цогидазул ихтияр батани нужедасан кумек тІалаб гьабизе, гьайгьай, нижер жеги цІикІкІараб ихтияр буго гьелъие. Амма нижеца киданиги пайда босичІо гьеб ихтияралдаса. Нижеца кинабго хІехьола МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабаралъе сундулъго квалквал-квекІен гьечІого хутІизе.
13
Нужеда лъаларебищ Мукъадасаб Рокъоб хъулухъ гьабулел чагІаз гьенисан бетІербахъулеблъи? Къурбаналъул гьан лъолеб бакІалъул тІалаб гьабулезеги гьеб къурбаналъул бутІа жидеего босизе ихтияр букІин лъаларебищ?
14
Гьединго ТІадегІанасги бихьизабун буго Рохалил хабар лъазабулезги гьелдасан бетІербахъеян.
15
Гьединаб цониги ихтияралдаса цониги нухалъ пайда босичІо дица. Гьанжеги дица нужехъе гьеб тІалаб гьабун гуро хъвалеб бугеб. Дунго чІухІизе бегьулелдаса махІрумлъизегІан хвезе бокьила.
16
Рохалил хабар лъазабулеб бугилан чІухІдаризе бегьуларо дун. Дица тІубазабичІого гІолареб тІадкъай бугелъулха гьеб! Рохалил хабар халкъалда лъазабичІони, балагь рещтІаги диде!
17
Дунго лъикІав лъугьун гьеб гьабулеб букІарабани, гьелъухъ мухьги щвелаан дие. Дунго лъикІав лъугьун гуро, дида тІадкъан бугелъул гьабулеб буго.
18
Щиб кириха дие щолеб бугеб? Дие щолеб кири ккола — дица щибго мухь гьечІого Рохалил хабар лъазабулеб букІин ва гьелдалъун дие бугеб ихтияралдаса пайда босулеб гьечІолъиги.
19
Дун эркенав чи вуго, лъилниги лагъ гуро, амма дун киназулго лагълъун лъугьана, кигІан кІваниги цІикІкІун гьел дихъ гІенеккизе бокьун.
20
ЖугьутІазда гьоркьов дун лъугьана жугьутІав гІадин, жугьутІал дихъ гІенеккизе бокьун. Къанун цІунулезда гьоркьов дун хьвадана гьеб Къанун цІунулев чи гІадин (Къануналъ дида тІад кверщел гьабулеб гьечІониги), Къанун цІунулелалги дихъ гІенеккизе бокьун.
21
Къанун лъаларезда гьоркьов дун чІана Къанун лъаларевлъун, (амма МасихІил кверщаликь вугев дида Аллагьасул къанун лъала), Къанун лъаларел чагІиги дихъ гІенеккизе бокьун.
22
ЗагІипазе дун загІипавлъун лъугьана, загІипалги дихъ гІенеккизе бокьун. Киназдаго гьоркьов дун гьезда релълъун лъугьана, щиб сабаб-гІамал батунги гьезул цо-цоялгІаги хвасар гьаризе бокьун.
23
Гьеб кинабго дица гьабулеб буго Рохалил хабаралъе гІоло, гьелъул баркаталъул бутІа насиблъизе бокьун.
24
Нужеда лъаларищ: къецазда киналго рекерухъаби рекерула, амма бергьенлъиялъул шапакъат цоясе гурони щоларо. Нужги рекере гьеб шапакъат щвезе бокьун.
25
Къецазул киналго гІахьалчагІаз гІемераб жоялдаса жалго махІрум гьарула, речІалел тІугьдузул гор щвезе бокьун. Нилъецани гьеб гьабула речІаларел тІугьдузул гор щвезе бокьун.
26
Гьедин дунги векерулев вугев ватани, мурадалде щвезе бокьун векерулев вуго. Зарул рагъулъ дунги гІахьаллъулев вугев ватани, зарал гьаваялде хьвагІизе гуро.
27
Кьабулеб-тункулебги хІехьон, квегъулеб буго дица черх, гьелда тІад кверщелги гьабулеб буго, цогидалги къецазде ахІун, дунго гъоркь хутІилевилан хІинкъун.
← Chapter 8
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 10 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16