bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
1 Corinthians 13
1 Corinthians 13
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 12
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 14 →
1
Киналго халкъазул, малаикзабазулгицин мацІалда кІалъазе лъалеб бугониги, дилъ рокьи гьечІони — дун ккола бухулеб къалиги пулеб зурмаги.
2
Аллагьасул киналго амруял дица халкъалда лъазарулел ругониги, кинабго балъгояб гІелму-лъай дилъ бугониги, мугІрул рилълъанхъизаризе кІолеб божи-иман бугониги, — дилъ рокьи гьечІони, дунги гьечІо.
3
Дица дир бугебщинаб боцІи-рикъзи мискинзабазе бикьаниги, дирго черх бухІизе кьуниги — дилъ рокьи гьечІони, щибго пайда гьечІо дие.
4
Рокьулъ сабру буго, гурхІел-рахІму буго, рокьулъ берчІегІерлъи гьечІо, рокьи беццаруларо, рокьи чІухІдаруларо,
5
рокьулъ тІасанккей гьечІо, жиндиего пайдаялда хадубги лъугьунаро, рокьи ццидахунаро, гІайиб-гъвел гьелда кІочон тола,
6
квешабщиналдаса бохуларо гьеб, хІакъабщиналдаса бохула.
7
Рокьи кидаго тІасалъугьуна, кидаго божула, кидаго хьул-къасдалда букІуна ва гьелъ щибго хІехьола.
8
Рокьи киданиги лъугІуларо. Аллагьасул амруял халкъалда лъазарулел руго — гьеб лъугІила. БатІи-батІиял мацІазда кІалъалел руго — гьебги тІагІина. ГІадамазулъ гІелму-лъай буго — гьебги лъугІила.
9
Нилъер гІелму-лъай камилаб гьечІелъулха, Аллагьасул амруял ричІчІиги камилаб гьечІелъулха.
10
ТІубанго камиллъараб тІаде бачІараб мехалъ, камиллъичІебщинаб тІагІина.
11
Лъимер вугеб мехалда дун лъимер гІадин гаргадулаан, лъимаца гІадин пикру гьабулаан, лъимадул гІадинаб гІакълуги букІана дир. КІудияв гІураб мехалъ, кинабго доб лъимадулаб дилъа лъугІана.
12
Гьанже нилъеда бихьулеб буго басрияб матІуялъусан гІадин. Доб мехалда цебе лъун бихьила. Гьанже дида цо бутІа лъала, доб мехалда тІубанго лъазе буго, Аллагьасда дун тІубанго лъалев вугев гІадин.
13
Гьанже нилъеда цадахъ хутІун буго божиги, хьулги, рокьиги. Гьеб лъабалъулго бищунго тІадегІанаб ккола рокьи.
← Chapter 12
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 14 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16