bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
1 Corinthians 6
1 Corinthians 6
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 5
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 7 →
1
Жиндирго диналъул вацасдехун нужеда гьоркьоса пуланав чиясул дагІба-рагІи бугони, Аллагьасул халкъги рехун тун, иман гьечІезухъе суд гьабизе ине бегьилищ гьев?
2
Нужеда лъаларебищ гьаб гІаламалъе суд Аллагьасул халкъалъ къотІизе букІин? ГІаламалъего суд гьабизе бугел нужеда кІоларебищ гІиси-бикъинаб дагІба-рагІи къинабизе?
3
Нужеда лъай: малаикзабазегицин суд гьабизейин нилъеца бугеб. Гьаб дуниялалъул ишал тІуразе кигІанха нужее бигьалъизе кколеб!
4
Гьединаб дагІба-рагІи нужеда гьоркьоб ккараб мехалъ, щай нужеца гьеб нужерго агьлуялда гьоркьоб къимат гьечІел гІадамазде гІарз бахъулеб?
5
Нечоларищ нуж? Диналъул вацал рекъезаризе кІолев цониги гІакъилав чи нужеда гьоркьов ватичІого вукІине рес гьечІо.
6
Бихьулищ — вацас вац судалде вачунев вуго, гьебги — иман лъечІез хІукму къотІизе.
7
Нужеда гьоркьоса гІадамал судалде ине ккеялъгицин нугІлъи гьабула нуж къеялъе. Нужее гьабураб зарал-зиянги баччун рукІинго лъикІ гурищ? Нужехъа боцІи-рикъзи бахъиги хІехьон рукІинго лъикІ гурищ?
8
Нужецайин абуни цоцазе зарал-зиян гьабулеб буго, цоцахъа боцІи-рикъзи бахъулеб буго. Лъие гьеб гьабулеб бугеб? Нужерго вацазе!
9
Нужеда лъаларебищ пасатал гІадамазе Аллагьасул ПарччахІлъи насиблъулареблъи? Нужго нужецаго гуккуге! Пасалъи гьабулезе, гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабулезе, зина гьабулезе, бихьиназдасан лазат босулел бихьиназе,
10
хъантІаразе, цІогьабазе, гьекъолдухъабазе, мацІихъабазе, хъамалчагІазе — гьезул цонигиязе Аллагьасул ПарччахІлъи насиблъуларо.
11
Нужеда гьоркьорги рукІана гьединал гІадамал. Амма нуж гьанже чурун руго, рацІцІалъизарун руго, ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІаралдалъун ва нилъер Аллагьасул РухІалдалъун ритІухълъизарун руго!
12
«Бокьарабщинаб гьабизе бегьула!» — ян абула цо-цояз. Бокьарабщинаб гьабиялъул гуребха пайда букІунеб. «Бокьарабщинаб гьабизе бегьула!» Амма дун сундулниги лагълъун лъугьине бегьуларо.
13
Цогидаз абула: «Квен — чохьое, чехь — квание!» — ян. Аллагьас гьеб кІиябгоги пасалъизабула. Гьаваялда нахъбилълъине гуро черх бижун бугеб, ТІадегІанасе тІагІаталъейин. ТІадегІанас тІалаб гьабила гьелъул.
14
ТІадегІанав ГІиса хваралъуса вахъинавуна Аллагьас, жиндирго къудраталдалъун нужги хваралъуса рахъинарила гьес.
15
Нужеда лъаларебищ нужер чурхдулги МасихІил черхалъул бутІаби рукІин? МасихІил черхалъул бутІа хъахІбал черхлъун лъугьинабизе бегьилищ? Киданиги бегьуларо!
16
Нужеда лъаларебищ хъахІбаялда аскІов вегарасул черх гьелъул черхгун цолъулеблъи? ТІухьдузда хъван бугелъул: «гьел кІиялго цолъун, цого лъугьина».
17
ТІадегІанасде цолъарасул рухІ гьесул РухІгун цолъула.
18
ХъахІбалъи рикІкІад гьабе! Цогидал мунагьал инсанасул черхалдаса къватІирехун ккарал рукІуна. ХъахІбаяв чиясин абуни, мунагь гьабула жиндирго черхги хІакъирлъизабун.
19
[19-20] Аллагьасдасан нужее щвараб Илагьияб РухІ жаниб чІолеб мукъадасаб рукълъун нужер черх букІин лъаларебищ нужеда? ЦІикІкІараб мухьги кьун росун ругелъул, нужго бетІергьанал чагІи гуро нуж. Аллагь кІодо гьавизе пайда босе нужерго чурхдуздаса!
← Chapter 5
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 7 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16