bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
1 Corinthians 2
1 Corinthians 2
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 3 →
1
Доб мехалда дун нужехъе вачІиндал, Аллагьасул хІакъалъулъ Хабар лъазабулаго, дилъ букІинчІо кІалзул пасихІлъиги кІудияб гІакъиллъиги.
2
Нужеда гьоркьов вугеб заманалда дица хІукму гьабун букІиндалха, ГІиса МасихІ (хасго гьев хъанчида ван хвей) хутІун, цогидабщинаб рехун телилан.
3
Дун нужеда аскІов вукІана загІипгоги ва хІинкъун сородулевги.
4
Дир гаргаралъги хабаралъги нужее гьабураб асар — гьеб букІинчІо гІакъилал рагІабазул хІасиллъун. Илагьияб РухІалъул хІалкІолъиялдалъунги мугІжизатаздалъунги лъугьана гьеб гьедин, —
5
нужелъ гьеб божи-иман, инсанасул гІакъиллъиялдалъун гуреб, Аллагьасул къудраталдалъун лъугьине.
6
Саламатал гІадамазени гІакъилаблъун букІуна нижеца бицараб хабар. Амма гьеб хабар гьаб дуниялалъулаб гІакъиллъи гуро, гьаб дуниялалъул кверщелчагІазул (кверщел жидехъа унезул) гІакъиллъиги гуро.
7
Нижеца бицунеб буго Аллагьасулаб балъгояб гІакъиллъиялъул. Аллагьас бахчун тараб гьеб гІакъиллъи нилъер цІар-реццалъейин дуниял бижилелдего къачІан букІараб.
8
Гьаб дуниялалъул цониги кверщелчиясда бичІчІичІо гьеб. БичІчІун букІарабани, цІар-реццалъул бетІергьан хъанчида валароан гьез.
9
ТІухьдуздаги хъван бугелъулха: «Лъилниги бералда бихьичІебги, лъилниги гІиналда рагІичІебги, лъилниги гІакълу нахъгІунтІичІебги къачІан буго Аллагьас жив вокьулезе».
10
Нилъеени Аллагьас жиндирго РухІалдалъун загьир гьабуна гьеб. РухІ сундулъего лъугьуна — Аллагьас цІакъго бахчун таралда гъорлъегицин лъугьуна.
11
Гьесулъ жиндилъго бугеб рухІалда гурони, цоги чиясда лъалебищ инсанасул рекІелъ ругел пикраби? Гьедин Аллагьасул пикрабиги, гьесул РухІалда гурони, лъалищха.
12
Нилъее щвараб РухІ дуниялалъулаб гуро, Аллагьас нилъее кьурал нигІматал нилъеда ричІчІизе гьесдасан бачІараб буго.
13
Нилъеца гьелъул хІакъалъулъ инсанасулаб гІакъиллъиялъ малъарал рагІабаздалъун гуро бицунеб, РухІалъ малъарал рагІабаздалъун бицуна. Илагьияб РухІалъ цІуразда бичІчІизабула нилъеца РухІалда хурхарабщинаб.
14
Жиндилъе РухІ рещтІинчІев инсанас къабул гьабуларо Илагьияб РухІалдасан бугебаб. Гьесие гьеб гІантаб жолъун кколелъулха. Гьесда гьеб бичІчІизего бичІчІуларо, РухІалдалъун гурони бичІчІизе рес гьечІелъул.
15
Илагьияб РухІалъ цІурав чиясда кІола бокьараб жоялъул хІакъикъат лъазе, амма лъиданиги кІоларо Илагьияб РухІалъ цІурав чиясул хІакъикъат лъазе.
16
ТІухьдузда хъван бугелъулха: «БетІергьанасул пикрабазда нахъгІунтІулев чи вугищ? Гьесие гІакълу кьезе лъида кІолеб?» Нилъелъин абуни МасихІил гІакъиллъи буго.
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 3 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16