bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
1 Corinthians 16
1 Corinthians 16
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 15
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
1
Гьанже бицинин Иерусалималда бугеб иман лъуразул агьлуялъе гІарац бакІариялъул хІакъалъулъ. Галатиялда бугеб иман лъуразул агьлуялда дица малъухъе гьабе нужецаги.
2
Нужер щивав чияс гьатІан къоялъ батІаго лъун те нужее щваралда рекъон лъикІ бихьараб гІарац. Цинги дун вачІараб мехалъ гьеб бакІаризе лъугьине ккеларо.
3
Дун гьениве щвейгун, гьеб нужер садакъа Иерусалималде щвезабизе ритІила нужеца тІаса рищарал гІадамал ва гьезда цадахъ битІила гьел нужер вакилзаби ругилан кагъатги.
4
Дунго гьениве ине ккани, дидаго цадахъ рачина гьелги.
5
Македониялдаса нужехъеги вачІина дун — Македониялдасан ине ракІалда буго дида.
6
Цодагьаб мехалъ нужеда аскІов чІезеги бегьула, щиб лъалеб, хаселалъго гьенив хутІизеги бегьула. Гьенисаги дица сапар бухьунеб бугони, нужеца кумек гьабизе ккела дие.
7
Сапаралда вукІаго нужехъе ваккизе вачІине гурелъулха дие бокьун бугеб, ТІадегІанав разилъани, лъикІаланго заманаялъ гьенив чІезе хиял буго.
8
БачІин бакІариялъул байрам тІаде щвезегІан чІела дун Эфесалда.
9
Пайдаяб хІалтІуе кІудияб нуцІа рагьун буго дие, дандечІаралги гІезегІан руго.
10
Тимофей гьениве вачІараб мехалъ, гьениб гьесие хІинкъи букІунареб хІал гьабе. Гьевги, дунго гІадин, ТІадегІанасе гІололъидалха хІалтІулев вугев.
11
ГІамал кІодого ралагьуге нуж гьесухъ. Аллагьас нух битІизабегийилан гьарун тІадвуссун витІе. Дунги вацалги гьев вачІиналъухъ ралагьун чІун руго.
12
Нилъер вац Аполлосил хІакъалъулъ бицани, дица гьесда цІакъ гьарана вацалгун цадахъ нужехъе щвайилан, амма гьабсагІат гьениве ине къасд гьечІо гьесул. Рес ккараб мехалъ вачІина гьев.
13
РорчІи ккве, иман щулалъизабе, бахІарчияллъун ва къуваталлъун рукІа.
14
Нужеца гьабулебщинаб рокьигун гьабе.
15
Цоги гьари буго, вацал, нужеде: Стефанасил рукъалъул агьлу Ахаялда тІоцере МасихІида божарал чагІи рукІин лъалаха нужеда. Аллагьасул халкъалъе тІубанго хъулухъалъе чІарал чагІи руго гьел.
16
Дица нужеда гьарила гьединал чагІазухъги, гьезда цадахъ хІалтІулезухъги, хъулухъ гьабулезухъги гІенеккейилан.
17
Дун цІакъ вохун вуго Стефанасги, Фортунатги, Ахаикги гьанире рачІиналдаса. Нуж дие камун рукІин лъазе биччаларо гьез дида.
18
Нужер ракІазе къвакІи кьураб гІадин, дир рекІееги къвакІи кьола гьез. Гьединал чагІазул къимат гьабе!
19
Асиялда ругел иман лъуразул агьлуялъул салам буго нужеде. Аквилалгун Прискиллал ва гьезул рокъор данделъулел иман лъуразул агьлуялъулги буго нужеде ТІадегІанасул цІар рехсараб, урхъараб салам.
20
Гьанир ругел киналгоги вацаз битІулеб буго нужеде салам. Муъминал вацаз гІадин, цоцазда баун, салам гьабе.
21
Гьаб дирго квералъ хъвалеб буго: Павелил салам буго нужеде.
22
ТІадегІанав вокьуларесе нагІана батаги! «Марана-та!» — вачІа, нижер ТІадегІанав!
23
ТІадегІанав ГІисал цІоб лъеги нужеда!
24
МасихІ ГІисаде цолъарал нуж киналго рокьула дие.
← Chapter 15
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16