bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Romans 10
Romans 10
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 9
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 11 →
1
Дие цІакъ бокьун буго, вацал, Исраилил халкъ хвасарлъизе. Аллагьасдаги гьарулеб буго дица гьел хвасар гьареян.
2
Аллагьасул диналъе гьез хІаракатги жигарги бахъулеб бугилан нугІлъи гьабизе кІола дида, амма хІаракатги жигарги бугониги, бичІчІиги лъайги гьечІо гьезул.
3
Аллагьасдасан бачІунеб хІакъаб ритІухълъи жидеда лъаларелъул, гьел лъугьунел руго жидерго хасаб ритІухълъи чІезабизе. Аллагьасул ритІухълъиялъеги мутІигІлъулел гьечІо.
4
МасихІ ккола Къануналъул ахир. Гьединлъидал божи-иман бугевщинав чи ритІухълъизе рес буго.
5
Къануналъ малъухъе хьвадиялдалъун щолеб ритІухълъиялъул хІакъалъулъ Мусаца гьадин абулеб буго: «Къануналда жанир ругел Аллагьасул амруял тІуразариялдалъун инсан чІаго хутІила».
6
Амма божи-иманалдалъун щолеб ритІухълъиялъул хІакъалъулъ ТІухьдузда гьадин хъван буго: «Дуца дудаго гьикъуге зобалазде щив вахиневилан?» (Гьелъул магІна — МасихІ зобалаздаса ракьалде вачине.)
7
«Гъваридаб кІкІалахъе щив лъугьиневиланги» гьикъуге дудаго. (Гьелъул магІна — МасихІ хваразул дуниялалдаса вачине.)
8
Гьале гьадинги хъван буго ТІухьдузда: «Аллагьасул рагІи дуде гІагарлъун буго. Гьеб дур кІалдиб буго, дур рекІелъ буго». Гьеб буго божи-иманалъул хІакъалъулъ нилъеца халкъалда лъазабулеб бугеб рагІи.
9
Дур кІалалъ абулеб бугони ГІиса ТІадегІанав вугилан, Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавиялда ракІги божулеб бугони, мун хвасарлъила.
10
Дур ракІ божулеб бугелъул, рекІедалъун ритІухълъиги щвела дуе, дур кІалалъ Рохалил хабар тІибитІизабулеб бугелъул, кІалалдалъун хвасарлъиги щвела.
11
ТІухьдузда хъван бугелъулха: «Гьелда божаравщинав чиясул ракІбухІиларо», — ян.
12
ЖугьутІазулги цогидал халкъазулги хІакъалъулъ батІалъи гьечІого абулеб буго гьедин. ЦохІо БетІергьан вуго киназулго БетІергьан. Жиндир цІар рехсон гьарарав чиясде гьес гьарзаяб баркат рещтІинабула.
13
ТІухьдузда хъван буго: «БетІергьанасул цІар рехсарав чи хвасарлъила», — ян.
14
Мун божуларев чиясул цІар кин рехсолеб? Дуда рагІичІев чиясда кин божилев? Лъицаниги дуда лъазабулеб гьечІони, кин дуда гьеб рагІилеб?
15
ВачІун кин гьеб лъазабилеб, мун гьелъие витІарав чапар гьечІони? ТІухьдузда хъван буго: «Рохалил хабар босун вачІунев чиясул кІалдиб гьоцІо буго!»
16
Амма Исраилил тІолабго халкъалъ гуро Рохалил хабар къабул гьабураб. Ишая аварагас абун бугелъул: «Я, БетІергьан, нижеца бицаралде иман лъурав чи вугевищ?» — ан.
17
ХІасил, божи-иман бижула хабаралъухъ гІенеккани, хабаралъухъ гІенеккизе ресги щола вачІун лъицаниги МасихІил хІакъалъулъ хабар лъазабулеб бугони.
18
Амма дица гьикъулеб буго гьезда рагІичІебищилан. РагІизени рагІана гьеб Исраилил халкъалда. ТІухьдузда хъван бугелъул: «Аварагзабазул хабар тІибитІана тІолабго ракьалда, гьезул рагІабиги дуниялалъул рагІалде щвана», — ян.
19
Цоги дица гьикъулеб буго гьеб харбил магІна Исраилил халкъалда бичІчІарабищилан. ТІоцебе Мусаца абулеб буго: «Халкъ бугин гьебилан рикІкІинегицин бегьулареб халкъалда нуж бахиллъизе тІамила дица. БичІчІи-лъайго гьечІеб халкъалда нужер ццин бахъинеги гьабила», — ян.
20
Гьелдаса хадуб Ишая аварагасги хІинкъичІого абулеб буго Аллагьасул рахъалъ: «Валагьулев вукІинчІезда ватана дун. Дун цІехолел рукІинчІезе дунго загьирги гьавуна», — ян.
21
Исраилил халкъалъул хІакъалъулъни Ишаяца гьадин абулеб буго: «МутІигІлъулареб ва чанкІкІараб халкъалдехун вуссун тІубараб къоялъ квералги цере ккун чІана дун».
← Chapter 9
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 11 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16