bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Romans 2
Romans 2
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 3 →
1
Ле, чияда гІайиб чІвалев чи, щив мун ватаниги, дуда тІаса гІайиб кибего унаро. Цогидазда гІайиб чІвалеб бугони, дудаго гІайиб чІвалев чи ккола мун. Цогидазда гІайиб чІвалаго, дуцагоги гьабулеб бугелъул гьебго жо.
2
Нилъеда лъала гьедин хьвадулел гІадамазе Аллагьасул тамихІ ритІухъаб букІин.
3
Ле, цогидазда гІайибги чІван, гьебго жо дуцаго гьабулев чи, дуда ракІалде кколищ Аллагьасул тамихІалдаса ворчІилилан?
4
Аллагь цІоб гІатІидав, гурхІел-рахІму бугев ва сабруяв вукІиналъищ дур рекІелъе хІинкъи лъугьунеб гьечІеб? Аллагьасул цІобалъ мун тавбуялде гьесизавулев вукІин лъаларищ дуда?
5
Амма дур чанкІкІиялъги ракІбицалъиялъги дулъго цІикІкІинабулеб буго Аллагьасул ццин бахъин. Гьеб дуда лъала Аллагьасул ритІухъаб тамихІги ццин бахъинги загьирлъулеб къоялъ.
6
Щивав чиясул ишазда рекъон гьабила Аллагьас хІукму.
7
ЛъикІлъи гьабиялда тІадчІеялдалъун лъикІаб цІарги, шапакъатги, хвелгьечІолъиги тІалаб гьабурасе гьес абадияб гІумру насиб гьабила.
8
Жидеего пайдаялъе хІалтІулезде ва, хІакъабщиналъухъ гІенеккичІого, квешабщиналъухъ гІенеккаразде Аллагьасул ццин гьалаглъила.
9
ЖугьутІаздаса байбихьун цогидал халкъазде щвезегІан гІадамазда гьоркьоса квешлъи гьабунщинасе — гІазабги гІакъубаги!
10
ЖугьутІаздаса байбихьун цогидал халкъазде щвезегІан гІадамазда гьоркьоса лъикІлъи гьабунщинасе — цІарги, реццги, саламалъиги!
11
Аллагьасул цІадираби ритІухъал ругелъулха!
12
Мусал Къанун лъалелдего мунагь гьабурасе тамихІ гьабула Къануналде балагьичІого, Къанун лъан хадуб мунагь гьабурасе тамихІ гьабула Къануналде балагьун.
13
Къанун цІалулеб рагІараб гІоларо, гьелда рекъон хьвадизеги ккола — Аллагьас ритІухъавлъун рикІкІине.
14
Къанунго лъаларел гІадамаз, Къанун лъачІониги, жидерго гІакълу нахъгІунтІун тІуразарула Къануналъул амруял.
15
Къануналда бугебаб жидер рекІелъ хъван бугеблъи бихьизабула гьезул намусалъ: гьезулъ рижула цо-цо мехалда жидедаго гІайиб чІвалел, цо-цо мехалда жалго ритІухъ гьарулел пикраби.
16
Дица тІибитІизабулеб бугеб Рохалил хабаралда рекъон, МасихІ ГІисадалъун Аллагьас суд гьабулеб къоялъ къватІир чІвазарила киназулго балъгоял къасдал.
17
Мун жугьутІав вугилан рикІкІуна дуца, Къануналъ мун хвасар гьавилилан ракІчІун вукІуна, Аллагь нижехъан вугилан веццардула,
18
дуда лъала гьесул амруял кинал ругелали, Къануналдалъун битІараб нух тІаса бищизеги ругьунлъана мун.
19
Дур ракІчІун буго бецал чагІи дуца хадур цІалел ругин, бецІлъуда ругезе канлъиги кьолеб бугин,
20
гІакълу гьечІел кантІизарулелги ругин. Дуда лъикІго лъалин кинабго гІелмуги хІакъабщинабги жиндилъ камиллъараб Къанун.
21
Дуца цогидазда малъула — дудаго щайха малъулареб? ЦІогьодугейилан малъула — мунго щайха цІогьодулев?
22
ХъахІбалъи гьабугейилан абула — дуцаго щайха хъахІбалъи гьабулеб? Гьересиаллагьзаби дуда рихарал руго — гьел жанир ругел храмал щайха дуца талавур гьарулел?
23
Дуе Къанун рещтІун бугилан веццарула мун, амма дуца гьеб Къанун хвезабула ва гьелдалъун Аллагь хІакъир гьавула.
24
ТІухьдузда хъван бугелъул: «Нуж сабаблъун мажусияз Аллагь какулев вуго».
25
Сунат гьабиялъул дуе пайда буго, Къануналъ малъухъе мун хьвадулев вугони. Дуца Къанун хвезабулеб бугони, сунатго гьабичІев гІадинав чи гурищ мун кколев?
26
Цогидал халкъазул чи Къануналъ малъухъе хьвадулев вугони, сунат гьабурав чи гІадин къабул гьавуларищ Аллагьас гьевги?
27
Чорхол лага къотІун сунат гьабичІониги, Къануналда рекъон хьвадулел цогидал халкъазул гІадамаз гІайиб чІвала дуда, хъвараб Къанунги рещтІарав, сунатги гьабурав, амма Къануналда рекъон хьвадуларев чи вугилан.
28
Чорхол лага къотІун сунат гьабуравщинав ва тІасан вихьизе жугьутІавилан кколевщинав чи жугьутІав гуро.
29
Унго-унгояв жугьутІав ккола жаниса жив жугьутІавлъунги вугев ва жиндир рекІелъ, Къануналъул хІарпаздалъун гуреб, Илагьияб РухІалдалъун сунатги гьабурав чи. Гьединав чиясе рецц, гІадамаздасан гуреб, Аллагьасдасан букІуна.
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 3 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16