bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Romans 7
Romans 7
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 6
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 8 →
1
Дица бицунеб бугеб жо нужеда бичІчІила, вацал, Къанун щибали нужеда лъалелъул. Инсан чІаго вугебгІан заманалда гурони, Къануналъ гьесда тІад кверщел гьабуларо.
2
Масала, Къануналъ лъади жиндирго росасдехун юхьун йикІуна гьев чІаго вугебгІан заманалда. Гьев хваравго, гьей эркенлъула ригьнал рахъалъ Къануналъул рихьизарияздаса.
3
Рос чІаго вукІаго гьей цогидасда цадахъ йигони, зина гьабулеб бугин гьелъилан абула. Амма рос хведал гьей эркенлъула Къануналъул кверщелалдаса. Цогидасе аниги, зина гьабулеб бугин гьелъилан абуларо.
4
Гьединго нужги хвана, вацал, гьеб Къануналъе, — МасихІил чорхол лагалъун лъугьун, нуж цогидасухъе, ай хваралъуса вахъинавурасухъе, ине, цинги лъикІал ишаздалъун Аллагьасе хъулухъ гьабизе.
5
Мунагьаб напсалъ нилъеда тІад кверщел гьабулеб букІараб заманалда, Къануналъ квешал къасдазул къуват цІикІкІинабулаан нилъер чурхдузулъ, нилъер ишаздалъун хвалие хъулухъги гьабулаан.
6
Амма кидаялиго нилъ асирлъуда чІезарун рукІараб мунагьалъе гьанже нилъ хун ругелъул, Къануналдаса эркенлъана, — хъван кьураб Къануналъ бихьизабураб басрияб нухдасан инчІого, РухІалъ бихьизабураб цІияб нухдасан ун, Аллагьасе гІибадат гьабизе.
7
Щибиланха гьанже абилеб? Къанун мунагьазул иццлъун кколиланищ абилеб? Абиларо! Къанун букІинчІебани, мунагь щиб жояли лъалароан дида. Масала, дида лъалароан, жахІда-хІусуд щиб жояли: «ЖахІда-хІусуд гьабуге!» — ян абураб амру Къануналда батичІебани.
8
Гьеб амруги хІалае ккун, мунагьалъ дир жахІдаяб рекІелъ рижизаруна цогидазул бугебщинаб диеги щвелародайилан абурал пикраби. Къанун гьечІони, мунагь хвараб жо буго.
9
Къанун гьечІеб заманги букІана дир гІумруялъулъ, амма Къануналъул амру рещтІараб мехалъ, мунагь чІаголъана, дун хвана.
10
Амру рещтІун букІана дун чІаголъизавизе, гьелъин абуни, дун хвалде вачана.
11
Амруялъ кьураб ресалдаса пайдаги босун, гьеб мунагьалъин дун гуккарав ва, амруги хІалае ккун, дун хвезавурав.
12
Къанунги бацІцІадаб буго, Аллагьасул амруги бацІцІадаб, ритІухъаб ва лъикІаб буго.
13
ЛъикІаб жоялъ дун хвезавуниланищ дица абулеб бугеб? ГьечІо! Мунагьалъ гьабуна гьеб, гьедин жиндирго квешлъиги загьир гьабуна гьелъ. Мунагьалъ хвезавуна дун, лъикІаб жоялдаса пайдаги босун. Гьединаб къагІидаялъ Аллагьасул амруялъ квербакъана мунагь бищунго гІасияб жо букІин загьирлъизе.
14
Нилъеда лъала Къанун илагьияб букІин, дунин абуни, холев-унев чи вуго, мунагьалъе лагълъун вичунги вуго.
15
Дидаго бичІчІулеб гьечІо дие щиб бокьун бугебали. Диего бокьараб дица гьабуларо, рекІее рихараб гьабун батула.
16
Диего бокьулареб жо дица гьабулеб бугони, гьелъул магІна ккола Къанун лъикІаб жо букІин дида бичІчІулеб бугеблъи.
17
ХІакъикъаталда дица гуро квешлъи гьабулеб, гьеб гьабула дилъ бугеб мунагьалъ.
18
Дида лъала дир напсалъ биччалеб гьечІеблъи дица лъикІлъи гьабизе: лъикІлъи гьабизе дие бокьаниги, дихъа гьеб лъугьунаро.
19
Дица гьабулеб бугеб иш доб дие гьабизе бокьун бугеб лъикІаб иш кколаро. Дицаго гьабизе бокьун гьечІеб квешлъиги гьабулеб буго дица.
20
Гьединаб къагІидаялъ диего бокьулареб жо дица гьабуни, гьеб дица гьабураблъун кколаро, дилъ бугеб мунагьалъ гьабула гьеб.
21
ХІасил, дие загьирлъана инсанасул хасият: лъикІлъи гьабизе бокьараб мехалъ, квешлъи гьабун бахъун кколеб буго.
22
Аллагьасул Къануналдаса бохун букІуна дир ракІ.
23
Амма дида лъала дир чорхол лугбузул хасият батІияб букІин. Гьеб дир гІакълуялда дандечІола. Дир чорхол лугбузул гьеб хасият сабаблъун гьабураб мунагьалъул асирлъунги ккана дун.
24
Дидаса талихІ къосарав чиго вугодай! Дун хвалде вачунеб чорхол хасияталдаса лъица дун хвасар гьавилев?
25
Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун дун хвасар гьавулев Аллагьасе рецц! Дир гІакълуни Аллагьасул Къануналъул лагъ буго. Амма дир мунагьаб напс мунагьаб хасияталъул лагъ буго.
← Chapter 6
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 8 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16