bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Romans 9
Romans 9
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 8
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 10 →
1
Гьале дица нужее битІахъе бицунеб буго (МасихІгун цолъарав дица гьереси бицунаро, — дир намус-яхІалъ тасдикъ гьабула гьеб, Илагьияб РухІалъ нугІлъиги гьабула гьелъие):
2
дир ракІ цІакъ къваридго буго, нахъаса къотІичІого бухІулеб буго гьеб.
3
НагІана кьун, МасихІидаса дунго тІезавизе разилъила дун, гьелдалъун дир вацазе, дир ракьцоязе,
4
Исраилил халкъалъе пайда кколеб бугони. Аллагьас гьел жиндирго лъималлъун лъугьинаруна, жиндирго кІодолъиги гьезие загьир гьабуна, гьезулгун къотІиги гьабуна, Къанунги рещтІинабуна, Мукъадасаб Рокъоб Аллагьасе хъулухъ гьабизеги гьезие изну кьуна, хвасар гьарилилан рагІиги кьуна гьезие.
5
Гьезда гьоркьоса рахъана цересел аварагзаби, инсан хІисабалда МасихІги гьезул наслуялъул вуго. Бищунго тІадегІанавлъун вугев Аллагьасе абадияб рецц! Амин.
6
Аллагьас жиндирго халкъалъе кьун букІараб рагІи тІубачІилан абизе бегьуларо. Исраилил наслуялъул киналго гуро Исраилил халкълъун лъугьарал.
7
Ибрагьимил зурияталъул киналго гуро Аллагьасул лъималлъунги лъугьарал. Аллагьас Ибрагьимида абуна: «Дур наслу ИсхІакъидасан лъугьинейин бугеб».
8
Аллагьас рагІи кьун гьарурал лъималаздаса лъугьараб гурони, цогидал лъималаздаса лъугьараб наслу хІакълъунго наслулъун рикІкІунарилан абураб магІна буго гьел рагІабазул.
9
Гьадинаб рагІийин кьун букІараб: «Цо заманалдасан дун тІадвуссараб мехалъ, Саратил вас вукІине вуго».
10
Гьале цоги мисал. Гьелдаго релълъун ккана Ребекъал ургьиб нилъер наслуялъул эмен ИсхІакъидасан кІиго лъимер хулараб мехалдаги.
11
[11-12] Жеги гьел лъимал гьарилелдего, гьез я квешлъи, яги лъикІлъи гьабилелдего, Аллагьас гьелда абуна: «ЦІикІкІаравги вукІина гьитІинасул лагълъун». Аллагьас гьедин щай абурабали загьирлъана гьес цояв тІаса вищидал. Гьезул ишазухъ балагьичІого, жиндиего бокьарав гьес жиндихъего ахІана.
13
ТІухьдузда хъван буго: «Якъуб дие вокьана, ГІис дие рихана», — ян.
14
Аллагьасул хІукму ритІухъаб гьечІилан абизе бегьилищ? Бегьиларо!
15
Аллагьас Мусада абуна: «Диего бокьарасда цІобги лъела, диего бокьарасда гурхІизеги гурхІила», — ян.
16
Гьедин цоял тІаса рищи бараб гьечІо инсанасе бокьи-бокьунгутІиялда ва гьесул хІаракат-жигаралда, Аллагьасул цІобалда бараб буго.
17
ТІухьдузда хъван буго Аллагьас пиргІавнасда гьадин абунилан: «Мунги хвезавун, дирго кІодолъи бихьизабизеги дир цІарги тІолабго ракьалда машгьурлъизегийин дица мун кІодо гьавурав».
18
Гьедин жиндиего бокьарав чиясда цІобги лъола Аллагьас, жиндиего бокьарав чи гІасилъизеги гьавула.
19
Дие суал кьезе бегьула: «Гьедин батани, Аллагьас лъиданиги гІайиб чІвазе бегьилищ? Гьесул къадаралде дандечІезе кІолев чи вукІунищ?» — абун.
20
Ле инсан, Аллагьгун гьедин дагІбадизе мун щив кколев? ЩагІил хъабаялъ щагІихъанасда гьикъулебищ: «Дуца дун гьадинаб щай гьабураб?» — абун.
21
ЩагІихъанасул ихтияр гьечІищ цого хІатІалъул гьайбатаб сурахІиги гІадатияб хъабаги гьабизе?
22
Жиндирго ццин бахъин бихьизабизе ва къудрат загьир гьабизе бокьаниги, халатккун сабруги гьабун, гьел «Аллагьасул ццидал цІурал хъубилъун» ругел гІадамал хвезаризе гІедегІуларо Аллагь.
23
[23-24] Гьесие бокьана жиндирго гьарзаяб баркат нилъеде — «Аллагьасул цІобалъул цІурал сурахІабазде» — рещтІинабизе. Гьес цебеккунго хІукму гьабун букІана нилъее баркат насиблъизабилин. Аллагьас жиндихъего ахІун руго нилъ — жугьутІал гурелги, цогидал халкъалги.
25
Гьошея аварагасда Аллагьас гьадин абун буго: «Дир гуреб халкъ дир бугилан абила дица, дие хирияллъун гьечІезда дие хириял ругилан абила».
26
Хадубги: «Нуж дир халкъ гурилан гьезда абураб бакІалда дица абила нуж хІакъав Аллагьасул лъимал ругилан».
27
Ишая аварагасги гьадин абулеб буго Исраилил халкъалъул хІакъалъулъ: «Исраилил халкъ ралъдал салигІан гІемерлъаниги, гьезул хутІараб гьитІинабго бутІа гурони хвасарлъиларо.
28
БетІергьанас ракьалда кьварараб хІукму хехго тІубазабизе бугелъулха».
29
Гьелдасаги цебе Ишая аварагасул тІехьалда гьелъул хІакъалъулъ хъван буго: «ХІалкІолев БетІергьанас нилъее чанго наслу насиблъизабичІебани, нилъ Содомалъул халкъалда релълъинаан ва Гоморраялъул халкъалда ращалъилаан».
30
Гьанже щиб дица абилеб? ТІалаб гьабизе лъугьинчІониги, божи-иманалдалъун щвана мажусияллъун рукІаразе Аллагьасда цебе ритІухълъи.
31
Къануналдалъун гьеб тІалаб гьабизе лъугьараб Исраилил халкъалъе ритІухълъи щвечІо.
32
Щай гьедин ккараб? Щайгурелъул, божи-иманалдалъун гуреб, Къануналъ рихьизарурал ишаздалъун ритІухълъизе бокьана гьезие.
33
ТІухьдузда хъван буго: «Балагье, дица Цион магІарда тІад лъун толеб буго гІадамазул хІетІе тункулеб гьецІо ва гьел гІодор ккезе гьарулеб гамачІ. Гьеб ганчІида божарав чиясул ракІбухІиларо», — ян.
← Chapter 8
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 10 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16