bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Romans 11
Romans 11
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 10
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 12 →
1
Гьанже дица гьикъулеб буго: «Унго Аллагьас жиндирго халкъалдаса инкар гьабурабищ?» — абун. ГьабичІо! Дунги исраилилав вуго, — Ибрагьимил зурияталъул, Буняминил наслуялъул.
2
Цебеккун жиндаго лъалеб букІараб жиндирго халкъалдаса инкар гьабилищха Аллагьас! Исраилил халкъалда тІасан Иляс аварагас Аллагьасде гІарз бахъиялъул бицунеб бакІалда ТІухьдузда щиб хъван бугебали лъалищ нужеда? Илясица абулеб буго:
3
«Я БетІергьан, гьез дур аварагзаби чІвана, дуе къурбан хъвезе гьарурал бакІал щущазаруна. Гьанже цохІо хутІун вугев дунги гьез чІвазе валагьулев вуго!»
4
Аллагьас гьесие жаваб кинха кьураб? «Дица диего цІунун вуго БагІалие сужда гьабичІев анкьазарго чи».
5
Гьединго Аллагьасул баркаталдалъун тІаса рищаразул хутІараб бутІаялъул гІадамал гьанжеги руго.
6
Баркаталдалъун тІаса рищарал ругони, Къануналъул амруял тІуразаруралъухъ тІаса рищараллъун кколаро гьел. Гьедин букІинчІебани, баркаталда баркатилан абизе бегьилароан.
7
Щибха лъугьараб? Додинаб хІаракат-жигаргун тІалаб гьабулеб букІараб жо, Исраилил халкъалъеги щвечІого, тІаса рищараздасан хутІаразе щвана. Цогидал Аллагьас гІинкълъизаруна.
8
ТІухьдузда хъван буго: «Аллагьас гьел согІлъизаруна. Жакъа къоялде щвезегІанги гьезул беразда бихьуларо, гьезул гІундузда рагІуларо».
9
Давудицаги абулеб буго: «Биччанте гьел тІад кваналеб сурпа гьезие жалго кколеб гьинлъунги къорлъунги лъугьине, риччанте гьел гІодор ккезе, биччанте гьезде къисас рещтІине, биччанте щибго бихьуларедухъ гьезул бералги бецлъизе,
10
биччанте гьезул мугъги кидаго къулухъе хутІизе».
11
Цоги дица гьикъулеб буго: «ГІодор ккезе ва тІокІал тІаде рахъунгутІизе хъван букІунищ гьезул хІетІе хъущтІараб?» — абун. Гуро! Гьел гІодор ккей сабаблъун цогидал халкъалги хвасарлъана, Исраилил халкъ гьезда бахиллъизе.
12
Гьел гІодор ккеялдалъун дуниял бечелъидал, гьезие ккараб заралалдалъун цогидал халкъазе пайдаги ккедал, кигІан кІудияб баркат букІинеб Исраилил тІолабго халкъ Аллагьасде буссараб мехалъ?
13
Гьанже дун, батІи-батІиял халкъазухъе витІарав чапар, гьединаллъун рукІараздехун хитІаб гьабун кІалъалев вуго. Дун дирго чапарлъиялдаса чІухІун вуго!
14
Дир хьул буго дирго халкъалъул цо-цо гІадамазул рекІелъ жахІда бижизабизе кІвезеги бегьулин ва гьезда гьоркьоса цо-цоял хвасарлъизеги бегьулин абун.
15
Аллагьас гьел рехун тей сабаблъун тІолабго гІалам жиндихъего ахІун батани, Аллагьас гьел цІидасан къабул гьари сабаблъун щибдай лъугьина? Хун рукІарал цІидасан чІаголъила!
16
Реччеялъул цо гороги босун, Аллагьасул цІар рехсани, гьебги жубан буцарабщинабги Аллагьасе гІололъун букІуна. ГъотІол кьибил хІалалаб бугони, гІаркьалабиги хІалалал рукІуна.
17
Зайтуналъул гъотІол цо-цо гІаркьалаби къотІун руго. Мун — гІалхул зайтуналъул гъветІ, гьел гІаркьалабазул бакІалда бацІцІараб буго. Ахикь бижараб гьеб зайтуналъул гъотІол кьалбаздасан регьелги цІцІулеб буго дуца.
18
КъотІун рехарал гІаркьалабазе чІухІи гьабуге дуца. Сундаса мун чІухІизе кколеб? Дуца гуро кьалбал ккун ругел, кьалбаз мун ккун буго!
19
«Гьеб гъотІода дун бацІцІиналъе гІоло къотІун рукІанин гьел гІаркьалаби», — ян абизейищ дуе бокьун бугеб?
20
ЛъикІни абуна дуца гьеб! Гьел гІаркьалаби къотІана гьезул божи-иман гьечІолъи сабаблъун. Гьезул бакІалде мун ккана дур божи-иман сабаблъун. ЧІухІдаричІого — Аллагьасукьа хІинкъа!
21
Жиндирго гъотІол гІаркьалабазда гурхІичІев Аллагь дуда гурхІилинищ ракІалде кколеб?
22
Бихьулищ, Аллагь жив гурхІулевги, жинца кьварараб тамихІ гьабулевги вуго! Къосаразе гьес кьварараб тамихІ гьабула. Дудаги гьев гурхІула гьесул цІобалде хьул лъун мун вугебгІан заманалда. Гурони — къотІун рехула мунги!
23
Божи-иманалде чанкІкІун дандечІей гьабичІого тани, жугьутІал цІидасан Аллагьас къабул гьарила. КъотІарал гІаркьалаби цІидасан гъотІода рацІцІинеги хІалкІола Аллагьасда.
24
ГІалхул зайтуналъул гъотІодасаги къотІун, ахикь бижараб зайтуналъул гъотІода, тІабигІияб низамги хвезабун, рацІцІарал гІаркьелаллъун нуж ругони, Аллагьасе дагьабги бигьалъула гъотІодаса къотІарал гьелъул жиндирго гІаркьалаби цІидасан гьелда рацІцІине.
25
Цо балъголъи нужедаса бахчун тезе бокьун гьечІо, вацал, дие. Гьеб балъголъи лъани, гІамал кІодолъун лъугьинаро нуж. Исраилил халкъалъул цо бутІа гьадин чанкІкІун кидаго гуро букІине бугеб, цогидал халкъаздасан рачІине кколезул киналго Аллагьасде руссинегІан хутІила гьел гьедин.
26
Гьебмехалда Исраилил тІолабго халкъги хвасарлъила. ТІухьдузда хъван буго: «Цион магІардасан вачІина нуж хвасар гьарулев чи, гьес Якъубил наслуялъул гІадамазул къосинги лъугІизабила.
27
Дица гьезие къотІи гьабила гьезул мунагьал чурилилан».
28
Нужеда гьоркьоб Рохалил хабар тІибитІизабизе квекІен гьабулеб мехалда, Аллагьасул тушбаби руго гьел. Аллагьас жиндиего гІадамал тІаса рищиялъул рахъ босани, — Аллагьасе хириял чагІи руго гьел. Гьезул умумузулгун Аллагьас къотІи гьабун букІиндалха!
29
Жиндица рещтІинабураб баркат Аллагьас нахъе босуларо, жиндихъего ахІараздаса инкарги гьабуларо гьес.
30
Цере Аллагьасе мутІигІлъуларого рукІарал нужеда цІоб лъуна, — гьанже гьел мутІигІлъулел гьечІолъи сабаблъун.
31
Гьанже гьел мутІигІлъулареллъун лъугьана, — нужеда цІоб лъезе, хадуб гьездаги Аллагьасул цІоб лъезе.
32
Гьедин жиндие мутІигІлъунгутІиялъул асирлъуде ккезаруна Аллагьас киналго гІадамал, ахирги гьел киназдаго жиндирго цІоб лъезе.
33
Вай, Аллагьасул гІакъиллъиялъулги гІелмуялъулги кІкІалалъул гъварилъи! Гьесул хІукмуялда нахъгІунтІизе кІоларо! Гьесул нухазул балъголъи лъазе бажаруларо!
34
БетІергьанасул пикрабазда нахъгІунтІулев чи вугищ? Щив вукІарав Аллагьасул гІакълучилъун?
35
Нахъе бецІизелъун лъицаниги киданиги щибниги кьурабищ гьесие?
36
Кинабго гьесдасан бачІана, кинабго гьесдалъун буго, кинабго гьесде буссуна! Абадияб рецц гьесие! Амин.
← Chapter 10
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 12 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16