bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Romans 15
Romans 15
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 14
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 16 →
1
Диналъулъ щулалъун ругел нилъеца, нилъеего пайдаялъе хІалтІичІого, загІипазе кумек гьабизе ккола, гьезие бакІлъараб гьир баччизе.
2
Нилъер щивав чиясда тІадаб буго аскІов вугесул божи-иман щулалъулеб пайдаяб иш гьабизе.
3
МасихІиеги бокьулароан жиндиего пайда. ГІадада гуро ТІухьдузда хъван бугеб: «Мун хІакъир гьавуразул хІакъирал рагІабаз хІакъир гьавулев вуго дун».
4
ТІухьдузда бугебщинаб хъван буго, гьездасан нилъее къвакІиги сабруги хІалае ккун, рекІелъ хьул цІунизе.
5
КъвакІиги сабруги нилъее кьолев Аллагьас тІубанго рагІи данде ккезабеги нужер, МасихІ ГІисада нахърилълъун,
6
нужеца киназго, цо кІалдисан кІалъарал гІадин, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил Эмен — Аллагьасе рецц гьабизе.
7
МасихІица нужее лъикІлъи гьабураб гІадин, нужецаги цоцазе лъикІлъи гьабе, Аллагьасе гьабулеб рецц гьелдалъун цІикІкІине.
8
ЖугьутІазе хъулухъалъе чІана МасихІ, Аллагьас жиндирго рагІи кколеблъиги ва гьезул умумузе гьабураб къотІи гьес хвезабулареблъиги гьезда бихьизабизе гІоло.
9
Гьединго жидеда цІоб лъуралъухъ цогидал халкъазги Аллагьасе рецц гьабизе гІологи. Гьелъул хІакъалъулъ ТІухьдузда хъван буго: «Цогидал халкъазухъе ун, дица дуе рецц гьабила, дур цІар рехсон, туркабиги ахІила», — ян.
10
Цоги хъван буго: «Цогидал халкъал, нужги роха Аллагьасул халкъалда цадахъ!» — ан.
11
Цоги: «Ле, киналго халкъал, БетІергьанасе рецц гьабе! Биччанте киналго къавмаз гьесие рецц гьабизе!»
12
Ишая аварагасги абулеб буго: «Иешайил кьибилалдасан кІанцІараб цо чІор, гьесул наслуялъул чи вачІина халкъазего ханлъи гьабизе, гьесде букІина гьезул хьул», — ан
13
Нужее гьединаб хьул насиблъизабурав Аллагьасда нуж божулел ругелъул, гьес нужеде рохелги рекъелги рещтІинабеги. Илагьияб РухІалъул къуваталдалъун нужер хьулги цІикІкІаги.
14
Дир тІубанго ракІчІун буго, вацал, нужелъ лъикІлъи цІикІкІун бугеблъиялда, кинабгоги нужедаго лъалеб букІиналда, цоцазе насихІат гьабизе гьунарги нужелъ букІиналда.
15
Амма гьедин букІаниги, щибго бахчичІого, гьаб кагъат хъвалеб буго, цо-цо жал нужеда ракІалде щвезаризе бокьидал. Аллагьас дида тІадкъан бугелъулха
16
цогидал халкъазда гьоркьов ГІиса МасихІие хъулухъ гьабулев чилъун вукІайилан. Аллагьасе хъулухъ гьабун ва Рохалил хабар тІибитІизабун Илагьияб РухІалъ бацІцІад гьабураб ва гьев разияб къурбан гІадин, цогидал халкъал Аллагьасухъе рачине тІадкъан буго дида.
17
Гьединлъидал, ГІиса МасихІиде цолъарав дун чІухІизе бегьула Аллагьасе гІоло дицаго гьарурал ишаздаса.
18
Гьедин абизе хІинкъуларо, дун гьоркьов ккун, МасихІица гьабуралъул хІакъалъулълъидал дица бицунеб бугеб. Гьес гьеб гьабуна мажусиялги Аллагьасе мутІигІлъизе гІоло, гьабуна рагІудалъунги ишаздалъунги,
19
гьабуна кутакал гІаламатазулги мугІжизатазулги къуваталдалъун, Илагьияб РухІалъул къуваталдалъун. Иерусалималдаса бахъараб Иллирикалде щвезегІан тІибитІизабуна дица МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар.
20
Дица кидаго хІаракат бахъулаан, МасихІил цІар жеги рехсолебцин рагІичІеб бакІалде ун, гьеб Рохалил хабар гьездаги лъазабизе. Цогидаз кьучІ тІамураб мина базе бокьун букІинчІо дие.
21
ТІухьдузда хъван бугелъулха: «Гьесул хІакъалъулъ жеги бицинчІезда вихьила, гьесул хІакъалъулъ рагІичІезда вичІчІила», — ян.
22
Гьеле гьединлъидалин, къватІиве вахъине чанцІулго къачІан вукІаниги, гьанжелъизегІан нужехъе вачІинчІого хутІарав.
23
Гьаб ракьалда гьанже дун хІалтІизе кколеб бакІ хутІун гьечІелъул ва гІемерал соназ нужехъ гІащикълъунги вугелъул,
24
дида ракІалда буго, Испаниялде унаго нужехъе вачІине. Гьениве унаго нухдасан нужехъе щвезе, ва дагьаб мехгІаги нужеда аскІоб бан, чІалгІен буссине бокьун буго. Цоги, дир хьул буго гьеб сапаралъ вахъине ккани дие хІажалъулеб жоялдалъун нужеца кумек гьабилиланги.
25
Гьанже дун Иерусалималде инехъин вуго, гьениб Аллагьасул халкъалъе хъулухъ гьабизе.
26
Иналъе гІиллаги бицинин: Македониялъулги Ахаялъулги иман лъураз хІукму гьабун буго Иерусалималда ругел мискинал диналъул вацазе кумек гьабизе.
27
Гьебни лъикІаб хІукму буго, амма хІакъикъаталдаги дозие налъукь руго гьал. ЖугьутІаз гьазие илагьиял ишазулъ квербакъидал, цогидал халкъаздасан ругел вацазги дуниялалъул ишазулъ дозие квербакъизе ккеларищ?
28
Гьеб къваригІелги тІубан, дозие бакІарараб садакъадул гІарац дицаго гьенибе щвезабураб мехалъ, гьенисан Испаниялде ина ва нухдасан нужехъе щвезеги вачІина.
29
Дун нужехъе вачІараб мехалда, дидалъун МасихІица нужее баркат гьарзалъизабилеблъи лъала дида.
30
Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІие гІоло ва РухІалъ кьолеб рокьуе гІоло гьарулеб буго дица нужеда, дунги рехсон, нужецаги Аллагьасе тІадчІун гьари-дугІа гьабеян.
31
Нужеца гьаре Ягьудиялда ругел иман лъечІезул заралалдаса дун цІунеян ва дица доба гьабизехъин бугеб иш Иерусалималда бугеб Аллагьасул халкъалъ лъикІго къабул гьабегиян.
32
Аллагьас хъван батани, дун нужехъе вачІина. Гьелдаса цІакъ вохила, рекІее хІалхьи лъугьина.
33
Аллагьасул салам лъеги нужеда киназдаго. Амин.
← Chapter 14
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 16 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16