bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Romans 5
Romans 5
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 4
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 6 →
1
Божи-иманалдалъун ритІухълъизарун ругелъул, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун Аллагьгунги рекъана нилъ.
2
Гьесдалъун кІвана нилъеда божи-иман сабаблъун гьанже нилъее бугеб баркаталъе мустахІикълъизе. Аллагьасул къудраталъулъ нилъееги гІахьаллъи щвелилан бугеб хьулалдаса рохун руго нилъ.
3
Гьелдаса гуребги, гІазаб-гІакъубаялдасаги рохун руго, гІазаб-гІакъубаялъ сабру кьолеблъиги лъан.
4
Сабруялъ рачуна къо хІехьеялде, къо хІехьеялъ рачуна хьул лъеялде,
5
хьул гІадада кколаро — нилъеде рещтІинабураб Илагьияб РухІалдалъун Аллагьас нилъер рекІелъе рокьи чвахизабулеб бугелъул.
6
Жеги нилъ загІипго рукІаго, Аллагьас болжал цІараб заманалда, МасихІ хвана мунапикъзабазул мунагьал сабаблъун.
7
Муъминчиясе гІолоцин хвалде чи инадай? ЛъикІав инсанасе гІоло холев чи вукІинеги бегьула.
8
Амма Аллагьас бихьизабуна гьесие нилъ рокьулеллъи: мунагьазул цІун нилъ ругеб мехалда, нилъее гІоло хвана МасихІ.
9
Гьесул би гІодобе тІедалин нилъ гьанже ритІухълъарал. Аллагьасул ццидадасаги кигІан цІикІкІунха гьес нилъ хвасарлъизарилел!
10
Аллагьасул тушбабилъун нилъ рукІараб заманалда, гьесул Вас хвей сабаблъун, рекъел ккана гьесдаги нилъедаги гьоркьоб. Рекъел ккун хадуб кигІан цІикІкІунха нилъ хвасарлъилел гьев чІаголъи сабаблъун.
11
ТІадежоялъеги нилъ ракълиде рачарав нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун Аллагьас тІуразарурал ишаздаса рохунги руго нилъ.
12
Гьаб дуниялалде мунагь цо инсан сабаблъун бачІана, мунагь сабаблъун хвелги бачІана. Киназго мунагь гьабидал, хвелги киназдего бачІана.
13
Мусал Къанун рещтІиналдего букІана дуниялалда мунагь. Амма Къанун гьечІеб бакІалда мунагь мунагьлъун рикІкІунаро.
14
Адамидаса бахъараб Мусаде щвезегІан киналго хвалил квачІикь рукІана, Адамица гІадинаб мунагь гьабичІелгицин. Нахъа вачІине вугесул сипат-суратлъун вукІана Адам.
15
Аллагьасул баркат мунагьалде данде кквезе бегьуларо. Цо инсанасул мунагь сабаблъун гІемерал гІадамал хвана. КигІан гІемерав чиясеха баркат щвараб цо инсан, ай ГІиса МасихІ сабаблъун.
16
Цо инсанас гьабураб мунагь Аллагьасул баркаталде данде кквезе бегьуларо. ЦохІо мунагьалдаса хадуб судги гьабуна, тамихІги гьабуна. Амма гІемерал мунагьазда хадуб, тІубанго ритІухълъизарун, баркатги рещтІана.
17
Цо инсанас гьабураб цохІо мунагь сабаблъун хвалие ханлъи щвараб батани, цо инсан, ай ГІиса МасихІ сабаблъун кигІан гІемерал гІадамазеха парччахІлъи щвезе бугеб! Гьарзаго Аллагьасул баркатги щварал ва чІорого ритІухълъизеги гьарурал гьел гІадамазе чІаголъи насиблъила.
18
ХІакъикъаталдаги, цо инсанасул мунагь сабаблъун, гІемерал гІадамазе суд гьабуна. Гьединго, цо инсанасул лъикІаб иш сабаблъун, киналго гІадамал ритІухълъана ва гьезие чІаголъиги щвана.
19
Аллагьасухъ гІенеккичІев цо инсан сабаблъун гІемерал гІадамал мунагьалъукье ккарал гІадин, Аллагьасухъ гІенеккарав цо инсан сабаблъун гІемерал гІадамал ритІухълъизарила.
20
Къанун рещтІана такъсир цІикІкІине. Амма мунагь цІикІкІараб бакІалда гІемерго цІикІкІана Аллагьасул баркатги.
21
Инсан хвезавулеб мунагьалъ ханлъи гьабулеб букІараб гІадин, гьанже Аллагьасул баркаталъги ханлъи гьабила, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун нилъ ритІухълъизе ва абадияб гІумруги насиблъизе.
← Chapter 4
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 6 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16