bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Romans 14
Romans 14
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 13
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 15 →
1
Божи-иман загІипав чи нужехъего ваче, гьесул пикрабазухъ балагьун дагІбадизе-къацандизе лъугьунге.
2
Масала, цоясул божи-иманалъ гьесие изну кьола бокьа-бокьараб квен кваназе. Амма цогидав божи-иман загІипав чияс гьан кваналаро.
3
Бокьараб квен кваналес хІакъир гьавизе бегьуларо гьеб кваналарев чи. Бокьараб квен кваналарес гьеб кваналесда гІайиб чІвазеги бегьуларо, — гьевги Аллагьас къабул гьавунлъидал вугев.
4
Дур ихтияр щиб чияр лагъасда гІайиб чІвазе? Квеш хьваданиги, лъикІ хьваданиги, бетІергьанас тІубала гьесул иш. ХІакълъунго лъикІ хьвадила гьев. БетІергьанасда хІалкІолелъул гьев лъикІ хьвадизавизе.
5
Цояс рикІкІуна пуланаб къо цогидаздаса хирияб бугилан. Цогидасе киналго къоязул батІалъи гьечІо. Виччанте щивав чи жиндир гІакълу нахъгІунтІараб къагІидаялъ хьвадизе.
6
Пуланаб къо хирияб бугилан рикІкІунес гьеб гьабула ТІадегІанасе гІоло. Гьан кваналесги гьеб кванала ТІадегІанасе гІоло, кванан вахъараб мехалъ гьесие рецц гьабулелъул. Гьан кваналаресги гьеб кваналаро ТІадегІанасе гІоло — гьесги Аллагьасе рецц гьабулелъул.
7
Нилъеда гьоркьов цониги чи гьечІо цохІо жиндиего гІоло гІумру гьабулев, нилъеда гьоркьоса цониги чи цохІо жиндиего гІоло хвезеги холаро.
8
Нилъ чІаго ругеб заманаялъ, нилъ рукІуна ТІадегІанасе гІоло гІумру гьабулел. Хвезеги нилъ ТІадегІанасе гІоло хола. ЧІаго ругониги, хун ругониги — ТІадегІанасул халкъ буго нилъ.
9
Щайин абуни, МасихІ хвана ва чІаголъана хваразулги чІагоязулги ТІадегІанавлъун лъугьине.
10
Щай дуца дурго диналъул вацазда гІайиб чІвалеб? Яги щай дуца гьел хІакъир гьарулел? Нилъее киназего суд Аллагьасин гьабизе бугеб.
11
ТІухьдузда хъван буго: «Дун чІаго вукІин хІакъаб бугеб гІадин, щибаб наслуялъ дие сужда гьабизе букІинги, щибаб мацІалда Аллагьасе рецц гьабизе букІинги хІакъаб бугилан гьедулев вуго БетІергьан».
12
Нилъер щивав чияс жинцаго кьела Аллагьасда цебе жаваб.
13
Гьединлъидал, рачІа нилъеца цоцазда гІайиб чІваларин. Бищунго лъикІаб букІина диналъул вац къосинавулеб яги гьев мунагьалъукье кколеб иш гьабичІого тани.
14
ТІадегІанав ГІисагун цолъарав чи вугелъул, дир тІубанго ракІчІола цониги нигІмат жибго жиндасанго хІарамлъулареблъиялда. Инсанас жинцаго хІарамаблъун рикІкІунеб нигІмат гьесие хІарамаблъун лъугьуна.
15
Амма дуе хІалалаб нигІмат сабаблъун дуца дурго диналъул вац къварид гьавулев вугони, гьесдехун рокьи гьечІолъи бихьула гьелдасан. Кваналеб нигІмат сабаблъун хвезавуге жиндие гІоло МасихІ хвалде арав дурго диналъул вац.
16
Нужеца лъикІалилан рикІкІунел ишазул хІакъалъулъ квешаб хабар тІибитІизе биччаге.
17
Нужеца кваналелда яги гьекъолелда бараб гьечІо Аллагьасул ПарччахІлъи. Гьеб ккола Илагьияб РухІалъ насиблъизабулеб ритІухълъиги, саламалъиги, рохелги.
18
Гьедин МасихІие хъулухъ гьабулевщинав чиясдаса Аллагь разилъула, гІадамаз гьесул хІурматги гьабула.
19
Гьединлъидал, рачІа нилъеца хІаракат бахъизин нилъеда гьоркьоб рекъелги щулалъулел, цоцазе квербакъиги камиллъулел ишал гьаризе.
20
Кванил нигІмат сабаблъун Аллагьасе бокьухъе гІуцІараб иш гІадада хвезабуге. Кинабгоги нигІмат хІалалаб буго. Амма цо кинабалиго нигІмат кваналеб бугин гьесилан дуца инсан къосинавизе бегьуларо.
21
Диналъул вац къосинавизегІан, гьан кваначІого, чагъир гьекъечІого чІей лъикІ.
22
Гьелъул рахъалъ дурго пикру дуего те, дудаги Аллагьасдаги лъазе биччанте гьеб. Гьардарав гурищ, жиндирго пикруялда рекъон хьвадун, жиндаго гІайиб чІваларев чи.
23
Пуланаб нигІмат жиндие хІарамаб батилилан щаклъи ккун хадуб, гьеб кванарав чиясе тамихІ гьабула, — жиндирго божи-иманалда рекъон хьвадулев гьечІелъул. Божи-иман жиндир аслу-кьучІлъун гьечІебщинаб жо мунагь ккола.
← Chapter 13
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 15 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16