bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Revelation 11
Revelation 11
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 10
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 12 →
1
ГІансаялда релълъараб тІилги дихъе кьун, абуна: «Вахъа, дуца борце Аллагьасул кІалгІаги къурбан хъолеб бакІги, чан чияс гьениб гІибадат гьабурабалиги рикІкІе.
2
Аллагьасул кІалгІаялда сверун бугеб азбар дуца къватІиб те, гьеб борцунге, цогидал халкъазе кьун бугин гьеб. Гьез гьаб хирияб шагьар кІикъоялда кІиго моцІалъ мерхьина.
3
Дир кІиго нугІасе хІалкІолъи кьела дица, сугъуралъул ретІелги ретІун, гьез азаралда кІинусиялда лъабкъого къоялъ Аллагьасул рагІи халкъалда лъазабизе».
4
Гьел чагІи ккола кІиго зайтуналъул гъветІлъунги ва зоб-ракьалъул БетІергьанасда цебе бугеб кІиго чирахълъунги.
5
Гьезие зарал-зиян гьабизе ракІалде ккарав чиясде гьезул кІалдисан цІа бурун бачІина ва гьеб цІадуца рухІила гьезул тушбаби. Гьеле гьедин хвезе вуго гьезие зарал-зиян гьабизе ракІалде кканщинав чи.
6
Гьев кІиясдаго кІвезе буго Аллагьасул рагІи гьез халкъалда лъазабулеб заманалда цІад бачІого букІиналъе зобал къазе. Лъадада тІадги ихтияр кьун буго гьезухъе — гьеб биялде сверизабизе; гьединго ихтияр кьун буго гьезие бокьанщинахъе ракьалда балагьалъул цІал кьабизе.
7
Гьев кІиявго нугІас Аллагьасул рагІи халкъалда лъазабун бахъараб мехалда, тІину гьечІеб кІкІалахъан тІаде бачІунеб жанавар гьезда данде багъила; гьелъ гьел къезарила ва чІвала.
8
Содомлъунги Мисрилъунги лъугьараблъун рикІкІине бегьулеб гьеб кІудияб шагьаралъул къватІазде рехун хутІила гьезул жаназаби. Гьеб шагьаралдайин гьезул ТІадегІанав хъанчида вигъун вукІарав.
9
Лъабгогун бащдаб сордо-къоялъ гьезул жаназабазухъ ралагьун рукІина батІи-батІиял халкъазул, наслабазул, мацІазул ва миллатазул цо-цо гІадамал, ва гьез гьел жаназаби хабалъ лъезе риччазе гьечІо.
10
Ракьалда ругелал гьелдаса разилъила, гьез цоцазе рохел гьабила, цоцазе сайигъатал ритІила, щайгурелъул гьев кІиявго аварагас ракьалда ругелазе гІазаб кьолеб букІиндал.
11
Лъабгогун бащдаб сордо-къо индал, Аллагьасдасан чІаголъиялъул рухІ лъугьана гьев кІиясулъего. ТІаде рорхун рачІун, рахъун чІана гьел, ва гьезухъ ралагьун рукІаразул рекІелъе кутакаб хІинкъи лъугьана.
12
Зодосан кутакаб гьаракьалъ гьадин ахІулеб рагІана гьев кІиясдаго. «Гьанире тІаде раха!» Жидерго тушбабиги хадур ралагьун, накІкІуда гъорлъан зодире рачун ана гьел.
13
ГьебсагІатго кутакалда ракь багъарана. Шагьаралъул анцІил бутІа щущан ана, ракь багъариялдалъун хвана анкьазарго чи; чІаго хутІаразги, кутакалда хІинкъун, зобалазул Аллагьасе рецц гьабулеб букІана.
14
КІиабилеб балагь тІаса ана, гьале кватІичІого тІаде щолеб буго лъабабилеб балагь.
15
Ва анкьабилев малаикас ссуралъубе пуна; ва зобалазда кутакал гьаркьал рахъана, гьадин абулеб букІана гьез: «Нилъер БетІергьанас ва гьесул МасихІица дуниялалдаго парччахІлъи гьабулеб буго гьанже. МасихІица парччахІлъи гьабила абадул абадиялъго».
16
Ва Аллагьасда цеве жидерго тахазда гІодов чІарав къоло ункъавго хІакимас, кІалагъоркье речІчІун, Аллагьасе сужда гьабуна.
17
Гьез абулеб букІана: «ХІакъав, абадияв ва къудратав БетІергьан, дуе рецц, дуца дурго кІудияб хІалкІолъи бихьизабидал ва парччахІлъи гьабулеб бугелъул.
18
Халкъазул дуде ццин бахъиндал, дурги ццин гьалаглъана. Хваразеги суд гьабизе заман щун буго: дур лагъзадерие — аварагзабазе ва киналго дур цІаралъукьа хІинкъулезе — гІисиназеги чІахІиязеги — кириги хъвазе, ракьалде балагь бачІинабуразде балагьги рещтІинабизе».
19
Гьебмехалда зобалазда бугеб Аллагьасул кІалгІа загьирлъана ва гьениб жаниб бихьулеб букІана къотІиялъул гъамас. Ва пири пирхизе лъугьана, хъуй бахъана, зоб гъугъадана, ракь багъарана ва ракьалде гІемераб горо-цІер бана.
← Chapter 10
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 12 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22