bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Revelation 20
Revelation 20
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 19
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 21 →
1
Дида вихьана зодисан рещтІунев цо малаик; гьесухъ букІана тІину гьечІеб кІкІалахъе бугеб нуцІил кІулги кІудияб рахасги.
2
Илбислъунги шайтІанлъунги кколеб аздагьо — некІсияб борохь, — кквезеги ккун, рахсида бухьана гьес, азарго соналъ гьелдаса борчІилареб куцалъ.
3
Азарго соналъ халкъал къосинаричІого теледухъ, нуцІаги рахан, гьелда мугьруги чІван, кІкІалахъе рехана малаикас гьеб. Цинги гьеб дагьабго заманаялъ рахсидаса бичун биччазе буго.
4
Дида рихьана тахбакІал, гьезда тІад гІодор чІун рукІана суд гьабизе тарал гІадамал. ГІисал хІакъалъулъ хабар тІибитІизабунилан ва Аллагьасул рагІи тІубазабунилан бутІрул къотІаразул рухІалги рихьана. Рихьана жанаваралъе ва гьелъул сураталъе сужда гьабичІел, жидер надалда яги кверда гІуж лъечІел гІадамалги. Гьел чІаголъун рукІана, ва гьез ГІисада цадахъ азарго соналъ парччахІлъи гьабулеб букІана.
5
Гьедин чІаголъана тІоцере гІадамал. Цогидал хварал чагІи гьеб азарго сон инегІан чІаголъичІо.
6
Гьардарал гурелдай гьел тІоцере чІаголъаразда гъорлъе ккарал гІадамал. КІиабилеб хвел гьезда хъваларо. Ва гьел лъугьина Аллагьасулги МасихІилги кашишзабилъун, ва гьесда цадахъ азарго соналъ парччахІлъи гьабила гьез.
7
Азарго сон индал, илбис туснахъалъуса къватІибе биччала.
8
Дуниялалъул ункъабго рахъалде ун, халкъал къосинарила гьелъ, гІажуж-мажужалъул боял данде ракІарун, рагъде рахъинарила. Ралъдал рагІалда салигІанги гІемер рукІина гьел.
9
ТІолабго ракь цІун букІана гьел бояз, ва гьез сверун ккуна иман лъуразул ордуги Аллагьасе хирияб шагьарги. Амма зодисан цІа бачІун рухІана гьел.
10
Гьел къосинарураб илбис рехана цІадулги чІабтІилги хІоринибе. Гьеб хІоринир абадул абадиялъго къасиги-къадги гІазаб-гІакъубаялда гьелда цадахъ рукІина жанаварги гьересиаварагги.
11
Гьебмехалда дида бихьана цІакъго кІудияб хъахІаб тах, вихьана гьелда гІодов чІаравги. Гьесдаса лъутун ана зобги ракьги, ва гьезие чІезе бакІ батичІо.
12
Ва дида рихьана хварал чагІи — гІисиналги чІахІиялги — тахида цере чІун. Рагьун лъун тІахьалги рукІана. Цоги тІехьги букІана рагьун — гІумруялъул тІехь буго гьеб. Гьел тІахьазда хъварал ишазухъ балагьун гьабулеб букІана хваразе суд.
13
Ралъдацаги кьуна жиндихъго рукІарал хварал чагІи. Хвалицаги хваразул улкаялъги кьуна жидехъго рукІарал хварал чагІи. Ва гьезул ишазухъ балагьун, щивав чиясе судги гьабуна.
14
Цинги хвелги хваразул улкаги цІадул хІоринибе рехана. Гьеб цІадул хІор ккола кІиабилеб хвел.
15
ГІумруялъул тІехьалда цІар хъван батичІел чагІи цІадул хІоринире рехана.
← Chapter 19
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 21 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22