bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Revelation 17
Revelation 17
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 16
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 18 →
1
Анкьго щурун кодоб бугев анкьго малаикасдасан цояс, дида аскІовеги вачІун абуна: «Вилълъа, дица дуда бихьизабила чІахІиял гІоразда тІад гІодой чІарай кІудияй хъахІбаялъе судалъ къотІараб хІукму.
2
Дуниялалъул парччахІзабигун лъугьун хъахІбалъи гьабулеб букІана гьелъ, ва гьеб жиндирго хъахІбалъиялъул чогъроца ракьалда ругелщинал мехтизаруна гьелъ».
3
Илагьияб РухІалъ асар гьабидал, дида дунго вихьана малаикас гІицІаб авлахъалде щвезавурав гІадин. Гьений ятана бецІбагІараб жанаваралда тІад рекІарай чІужугІадан. Аллагьасде гІасилъи загьир гьабулел цІаразул цІун букІана гьеб жанавар; анкьго бетІерги букІана гьелъул, анцІго лълъарги букІана.
4
Гьей чІужугІаданалъ ретІун букІана бецІхъахІилабги бецІбагІарабги ретІел; меседалъ, жавгьар-якъуталъ ва къиматаб маргъалалъ къачІа-кІатІан йикІана гьей. Гьелда кодоб букІана гьелъул хъахІбаял ишазулги хъублъиялъулги цІураб меседил щурун.
5
Гьелъул надалда хъван букІана балъгояб цІар — КІудияб Вавилон шагьар — хъахІбабазулги дуниялалъулго хъублъидулги эбел абун.
6
ГІисаде иман лъуразул — гьесие нугІлъи гьабуразул — биялъ мехтун йихьана гьей гІадан дида, ва гьей йихьарайго дун кутакалда хІикмалъана.
7
Ва малаикас абуна: «Щай мун хІикмалъарав? Гьай гІаданалъулги ва гьай тІад рекІараб анкьго бетІерги анцІго лълъарги бугеб жанаваралъулги балъголъи рагьила дица дуе.
8
Дуда бихьараб жанавар цебе чІаго букІана, гьанже гьечІо. Нахъеги тІину гьечІеб кІкІалахъа къватІибе бачІина гьеб ва жиндирго хвалде данде ина. Дуниял бижараб мехалдаго жидер цІарал гІумруялъул тІехьалда хъван рукІинчІел гьаб ракьалда ругелщинал гІадамал хІикмалъила гьеб жанавар бихьун, цин гьеб чІаго букІиндал, цинги хведал, хадуб цІидасан чІаголъидал.
9
Гьеб бичІчІизе лъай-гІакълу хІажалъула. Анкьабго бетІер ккола гьей чІужугІадан тІад чІараб анкьго гохІ.
10
Гьединго анкьго парччахІги ккола — гьезул щугояв хвана, цояв чІаго вуго ва цояв жеги вачІинчІо; вачІараб мехалдаги гьев гІемер заманалъ хутІиларо.
11
Дов анкьавго парччахІасда гьоркьоса цояв вугониги, микьабилев парччахІ ккола гьев. Хвалде данде ина гьевги.
12
Дуда бихьараб анцІабго лълъарги ккола жеги парччахІлъи щвечІев, амма жанаваралда цадахъ цо сагІаталъул болжалалда парччахІлъи щвезе бугев анцІго парччахІ.
13
Гьезул букІина цого мурад-къасд, ва жидерго къуватги къудратги гьез жанаваралъе кьела.
14
КьагІрида данде рагъизе руго гьел, амма КьегІер гьездаса бергьина, гьеб КьегІер бугелъул тІадегІаназулги ТІадегІанаб ва парччахІзабазулги ПарччахІ. Гьелда цадахъ рукІина ахІун рачІаралги, тІаса рищаралги, рекІелъ божи бугелги».
15
Гьев малаикас дида абуна: «ХъахІба тІад чІун дуда рихьарал гІорал ккола халкъалги, руккелалги, миллаталги, мацІалги.
16
Дуда бихьараб жанаваралдаги анцІабго лълъаралдаги гьей хъахІба цІакъ рихине йиго: гьез гьей тІутІун яла, тІад ретІел гьечІого гІицІго хутІизайила, гьелъул гьан кванала ва цІадаеги рехун юхІила.
17
Жиндирго хІукму билълъанхъизабиялъе Аллагьас гьел гІадамазул рекІелъе лъугьинабуна киналго цолъун мурад тІубазабизе нигат. Гьезги жидерго кверщел гьеб жанаваралъухъе кьуна, — Аллагьасул рагІаби тІуразегІан заманалда.
18
Дуда йихьарай чІужугІаданги ккола дуниялалъул парччахІзабазда тІад кверщел жиндихъ бугеб кІудияб шагьар».
← Chapter 16
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 18 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22