bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Revelation 13
Revelation 13
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 12
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 14 →
1
Дида бихьана ралъдалъа къватІибе лъугьун бачІунеб жанавар. Гьелъул букІана анцІго лълъарги анкьго бетІерги. Гьелъул лълъурдузда тІад букІана анцІго таж. БутІрузда хъван рукІана Аллагьасдехун гІасилъи бихьизабулел цІарал.
2
Гьеб дида бихьараб жанавар цІиркъалда релълъараб букІана; цидул гІадинал квачІалги рукІана гьелъул, гъалбацІалъул гІадинаб кІалги букІана. Аздагьоялъ гьелъие кьун букІана жиндирго къуватги, жиндирго тахги ва бокьараб гьабизе ихтиярги.
3
Жанаваралъул цо бетІералда хвалил ругъун бугилан кколеб букІана, амма гьеб хвалил ругъун сахлъана. Ва тІолабго дуниял хІайранлъун букІана гьеб жанаваралъухъ балагьун.
4
ГІадамаз аздагьоялъе сужда гьабулеб букІана, гьелъ гьеб жанаваралъе хІалкІолъи кьедал. Жанаваралъе суждаги гьабун, гьез абулеб букІана: «Гьаб жанаваралда релълъараб щибниги гьечІогури ракьалда! Гьабгун вагъизе лъида кІолеб?»
5
Аллагьасда дандечІарал ва чІухІарал рагІаби абизе кІалги кьун букІана гьелъие ва кІикъоялда кІиго моцІалъ бокьараб гьабизе ихтиярги кьун букІана.
6
Аллагьасул цІарги, гьев чІараб бакІги ва зобалазда ругелалги инжит-хІакъир гьарун, гІасиял жал рицине кІал ричІана гьелъ.
7
Гьелъие хІалкІолъи кьун букІана Аллагьасул халкъалда данде багъизе ва гьел къезаризе. Киналго наслабазда, халкъазда, мацІазда ва миллатазда тІад хІалкІолъи кьун букІана гьелъие.
8
Хъун букІараб КьагІрихъ бугеб гІумруялъул тІехьалда дуниял бижараб мехалдаго жидер цІарал хъван рукІинчІел гІадамалги руго гьаб ракьалда. Гьез киназго сужда гьабила жанаваралъе.
9
ГІундул ругезда рагІизе биччанте:
10
«Асирлъуде ккезе хъван бугев чи асирлъуде ккечІого хутІуларо. Хвалчаца чІван хвезе хъван бугев чи хвалчаца чІван хвечІого хутІуларо». Аллагьасул халкъалъул сабруги божи-иманги букІине кколеблъи бичІчІулеб буго гьел рагІабаздасан.
11
Дида цоги жанавар бихьана ракьалдаса къватІибе лъугьун бачІунеб. КьагІрил гІадаб кІиго лълъар букІана гьелъул, амма аздагьо гІадин кІалъалеб букІана.
12
Доб тІоцебесеб жанаваралда аскІоб бугеб мехалъ, гьелъухъги букІана долъулго гІадаб хІалкІолъи; тІолабго дуниялги дуниялалда тІад ругелщиналги гьелъ тІамулел рукІана жиндир бетІералда букІараб хвалил ругъун сахлъараб доб тІоцебесеб жанаваралъе сужда гьабизе.
13
Гьелъ чІахІиял ва хІикматал мугІжизатал рихьизаруна, гІадамазда бихьун, зодисан ракьалде цІагицин бачІана.
14
Доб жанавар бугеб бакІалда мугІжизаталги рихьизарун, ракьалда ругелщинал гуккулел рукІана. Гьелъ гьезие амру гьабулеб букІана, хвалчадул ругъун лъуниги чІаго хутІараб тІоцебесеб жанаваралъул сурат гьабеян.
15
Гьелъие хІалкІолъи кьун букІана тІоцебесеб жанаваралъул сураталда рухІ лъезабизе, хІатта гьелда кІал-мацІ бижизабизегицин. ХІалкІолъи кьун букІана гьеб сураталъе сужда гьабизе бокьичІел гІадамал чІвазаризеги.
16
Киналго гІадамазул — гІисиназулги чІахІиязулги, бечедазулги мискиназулги, уздензабазулги лагъзадерилги — кваранаб квералда яги надалда гІуж лъезабуна гьелъ.
17
Жанаваралъул цІар яги гьелъул цІар бихьизабулеб тарих хъвараб гьеб гІуж гьечІесе ихтияр букІунаро щибниги бичизе яги бичун босизе.
18
Гьеб бичІчІизе ккани, гІакълу къваригІуна. ГІакълу бугес, хІисаб гьабун, балагье гьеб жанаваралъул цІар бихьизабулеб тарих, — гьеб бугелъулха инсанасул цІаралъулги тарих. Гьелъул цІаралъул тарих — 666.
← Chapter 12
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 14 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22