bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Revelation 18
Revelation 18
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 17
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 19 →
1
Гьелдаса хадуб дида вихьана зодисан рещтІунев цоги малаик. Гьесие кьун буго кІудияб ихтияр, ва гьесдасан бачІараб нуралъ гвангъун букІана ракь.
2
Кутакаб гьаракьалдалъун гьес ахІана: «Щущан ана, Вавилон шагьар щущан ана, шайтІаби чІараб бакІлъун, хъубабщинаб жен, хъубабщинаб ва рокьукъабщинаб хІинчІ бахчулеб бакІлъун лъугьана гьеб.
3
Вавилоналъ жиндирго гьалагаб хъахІбалъиялъул чагъир тІолалго халкъазда гьекъезабидал, дуниялалъулго парччахІзабазгун цадахъ гьелъ хъахІбалъи гьабидал ва дуниялалъулго базаргаби гьелъул гьарзалъиялдасан бечелъидал ккана гьеб гьедин».
4
Дида рагІана зодисан цогидаб гьаракьалъ абулеб: «Я, дир халкъ, гьелъул мунагьазулъ гІахьаллъунгутІизе ва гьелъие гьабизе бугеб тамихІалдасаги хвасарлъизе, гьениса къватІибе лъугьа мун.
5
Гьелъул мунагьазул гьиразул гохІ зодибе гІунтІун бугелъул, гьелъул квешлъабиги Аллагьасда ракІалде щун ругелъул!
6
Гьелъ нужехъе кьурабги, гьелъухъего нахъе кьун, бецІе, гьелъ гьабунщинабги кІиго бутІаялде бахинабун бецІе. Гьелъ чогърол цІун кьураб лълъар, кІицІулго цІезабун, кье гьелъие.
7
Гьелъ жиндиего гьабулеб букІараб рецц-бакъалдаги тІалаб гьабулеб букІараб хІарамаб гьарзалъиялдаги бащадаб гІазаб-гІакъубаги къварилъиги рещтІинабе гьелда тІаде. Жий парччахІ йигин, жий къоролайги гурин, жинца чІегІерги баларин гьелда ракІалде ккедал,
8
цо къоялъ гьелде рещтІина балагьги, къварилъиги, ракъиги; гьелъие суд гьабулев БетІергьан Аллагь къудратав вугелъул, цІадулъ гъанкъила гьей!
9
Гьелда рекІараб цІадул кІкІуй бихьидал гІодила ва инагьдила гьелда цадахъ хъахІбалъиялдаги хІарамаб гьарзалъиялдаги рукІарал дуниялалъул парччахІзаби.
10
Гьелде рещтІараб гІазаб-гІакъубаялдаса хІинкъун, рикІкІадаги чІун: „Вай, вай, Вавилон — кІудияб шагьар, щулияб шагьар, цохІо сагІаталда жаниб тІубана дуе къотІараб хІукму“, — ян абила гьез.
11
Жидер къайи гьанже лъицаниги бичун босулеб гьечІелъул, дуниялалъул базаргабиги гьелъухъ магІу гьабун гІодулел руго.
12
„Бичун унеб гьечІо меседилги гІарцулги къайи, жавгьар-якъут, къиматаб маргъал, тІеренаб ххам, бецІбагІараб ххам, чиллайдул ххам, канчІбагІараб ххам, махІгьуинаб цІул, магьидул гьарурал батІи-батІиял тІагІелал, къвакІараб къиматаб цІулалги, мазгарулги, маххулги ва мармаралъулги гьабураб къайи,
13
гъаран, пучч-пилпил, кьеккен гьабулеб нах, мазь, чагъир, нах, хханжу, ролъ, чІегІербоцІи, гІи-цІцІани, чуял, гьакал, лагъзал, ай ричулел гІадамал.
14
Дуда кодоса ана дур рекІее рокьулел рукІарал пихъал, хараблъана кинабго беричабщинабги гвангъарабщинабги, гьеб киданиги духъе нахъе щвезе гьечІо“.
15
Гьебгощинаб къайи бича-хисулел рукІарал ва гьелдалъун бечелъарал дол базаргаби, гьелде рещтІараб гІазаб-гІакъубаялдасаги хІинкъун, рикІкІадегІан чІун гІодила.
16
„Вай, вай, кІудияб шагьар, тІеренаб дарай ретІараб, бецІбагІараб ва канчІбагІараб ххам ретІараб, меседалъ, жавгьар-якъуталъ, къиматаб маргъалалъ къачІараб шагьар!
17
ЦохІо сагІаталда жаниб хараблъана дур гьеб кІудияб бечелъи“, — абун магІу гьабила гьез. Киналго гумузул бетІергьабиги, киналго гумузда рекІун рукІаралги, ралъдахъабиги ва киналго ралъдадасан бетІербахъаралги рикІкІада чІун рукІана.
18
Гьелда рекІараб цІадул кІкІуй бихьун: „Гьададинаб кІудияб шагьар киданиги кибниги букІанадай!“ — абун ахІдана гьел.
19
БотІроде рахъуги бан, гІодилаго магІу гьабуна гьез: „Вай, вай, кІудияб шагьар! Дур гьарзалъиялдасан бечелъана ралъдада ругел киналго гумузул бетІергьаби, ва цохІо сагІаталда жаниб хараблъана мун“.
20
Гьалдаса роха нуж, зобал; роха, вализаби, чапарзаби, аварагзаби, — гьелъ нужее гьабун букІараб гІадинаб хІукму гьабунин Аллагьас гьелъиеги».
21
Цо къуватав малаикас кодобе босана кІудияб гьобо гІадинаб гьецІо ва, хьуризабун ралъдалъе гьебги рехун, гьес абуна: «Гьадин хьуризабун рехила кІудияб шагьар Вавилон. Ва тІокІаб букІинаро гьеб.
22
Вай, Вавилон, тІокІаб рагІиларо дуда арфа хъвалезулги, кочІохъабазулги, щвантІих-лалу пулезулги, зурмихъабазулги макънал. Цониги махщел-гьунаралъул устарги вукІинаро тІокІав дур, дур гьабазул сасги рагІиларо тІокІаб.
23
Дур чирахъазул канлъул кунчІиги чІваларо тІокІаб, бахІарасулги бахІаралъулги накъитги рагІиларо тІокІаб. Дур базаргаби гьаб ракьалда тІад къадруял чагІи рукІиндал ва дур сихІру-хІиллаялъ тІолалго халкъалги къосинарун рукІиндал, ккела гьеб гьедин.
24
Гьеб шагьаралда тІад батана аварагзабазулги, вализабазулги ва гьаб ракьалда чІваралщиназулги бидул хІакъ».
← Chapter 17
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 19 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22