bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Revelation 21
Revelation 21
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 20
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 22 →
1
Цинги дида бихьана цІияб зобги цІияб ракьги. Цевехун букІараб зобги ракьги тІагІун буго, ралъадги гьечІо гьанже.
2
Гьединго дида бихьана мукъадасаб шагьар — зодисан Аллагьас рещтІинабулеб цІияб Иерусалим. БахІарасда аскІое уней бахІарай кинигин къачІан букІана гьеб.
3
Кутакаб гьаракьалдалъун тахидасан абулеб рагІана дида: «Гьале гІадамазулалда аскІоб бугеб Аллагьасул чадир. Гьенив гьезда цадахъ вукІине вуго Аллагь. Гьел лъугьине руго гьесул халкълъун, ва живго гьев Аллагьги гьезда аскІов вукІине вуго.
4
Аллагьас гьезул бадиса магІил щибаб горо бацІцІина, ва хвелги тІокІаб букІинаро. Цебехун букІарабщинаб лъугІун-тІагІун индал, тІокІаб букІинаро я гІоди, я унти».
5
Тахида гІодов чІарас абуна: «Гьале дица кинабго цІидасан бижизабулеб буго», — ян. Цоги гьес дида абуна: «Хъвай — хІакъал ва ритІухъал рагІаби руго гьел».
6
Гьес дида абуна: «ТІубана! Дун вуго Алипги Яги, Авалги Ахирги; къечарасе дица чІобого кьела маулхІаяталъул иццухъа лъим».
7
Бергьарасе гьеб кинабго насиблъила. Дун гьесул Аллагьлъун вукІина, гьевги дие васлъун вукІина.
8
Амма хІинкъаралги, божи-иманалдаса руссаралги, инжитлъи-хІакъирлъи гьабуралги, чІвадарухъабиги, хъахІбабиги, сихІручагІиги, гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабуралги, киналго гьерсихъабиги унеб бакІ буго цІадулги чІабтІилги хІор. Гьеб ккола кІиабилеб хвел.
9
Ахирисеб анкьго балагьалъул цІураб анкьго щурун кодобе кьурав анкьго малаикасул цояс, аскІовеги вачІун, дида абуна: «Вилълъа, дуда дица йихьизайила КьагІрил лъадилъун лъугьине йигей бахІарай».
10
Илагьияб РухІалъ асар гьабун дида цебе чІана гьадинаб сурат. Гьале цо борхатаб магІарде вачун, малаикас дида бихьизабуна мукъадасаб шагьар — зодисан Аллагьас рещтІинабулеб Иерусалим.
11
Аллагьасул нур чІун букІана гьелда тІад; жавгьар-якъут гІадин ва бацІцІадаб яшма гІадин кенчІелеб букІана гьеб.
12
Шагьаралда сверухъ букІана кІудияб ва борхатаб къед. АнцІила кІиго кавуги букІана гьеб къадалъ. Ва гьел кавабазухъ чІун анцІила кІиго малаикги вукІана. Кавабазда хъван букІана Исраилил васаздасан лъугьараб анцІила кІиго наслуялъул цІар.
13
Бакъбаккудасахун букІана лъабго каву, севералъул рахъалдасан — лъабго, къирбалалдасахун — лъабго ва бакътІерхьул рахъалдасан лъабго каву букІана.
14
Къадал кьучІ щулалъизе гьабун букІана анцІила кІиго сангар, гьездаги хъван букІана КьагІрил анцІила кІиго чапарасул цІар.
15
Диргун накъит гьабулев вукІарасухъ букІана гьеб шагьарги, гьелъул кавабиги, къадалги рорцине меседил тІил.
16
ГІеблъиги халалъиги бащадаб, ункъбокІонаб шагьар буго гьеб. Доб тІилалъ борциндал, гьеб шагьаралъул халалъиялда гьесда батана кІиазарго километр; халалъиги, гІеблъиги, борхалъиги цого букІана.
17
Къадал борхалъиялда батана нусиялда кІикъоялда ункъо натІ. Гьедин гІадамазулго гІадаб роцадалъун борцана малаикасги гьеб.
18
Къед гьабун бугоан яшмаялъул, шагьар букІана бацІцІадаб меседил гьабураб ва цІергІанги бацІцІадаб.
19
Къадалъ бакІ-бакІалда кьочІое лъун рукІана батІи-батІиял хириял ганчІал: тІоцебесеб кьочІое — яшма, кІиабилелъе — сапфир, лъабабилелъе — халцедон, ункъабилелъе — изумруд,
20
щуабилелъе — сардоникс, анлъабилелъе — сердолик, анкьабилелъе — хризолит, микьабилелъе — берилл, ичІабилелъе — топаз, анцІабилелъе — хризопрас, анцІила цоабилелъе — гиацинт ва анцІила кІиабилеб кьочІое лъун букІана аметист.
21
АнцІила кІиябго каву — анцІила кІиго къиматаб маргъал. Щибаб каву гьабун букІана цохІо маргъалалъул. Шагьаралъул аслияб къватІ букІана цІорода гъорлъан кинигин гьоркьосан канлъи бихьулеб бацІцІадаб меседил.
22
ГІибадат гьабизе гІадамал данделъулеб бакІ цониги бихьичІо дида гьениб. Гьеб тІолабго шагьар бугелъулха Живго Къудратав БетІергьан Аллагьги КьегІерги чІараб мукъадасаб рукъ!
23
Гьеб шагьаралъе канлъи кьезе я бакъ, я моцІ хІажалъулеб букІинчІо. Аллагьасул нуралъул букІиндалха гьениб канлъи! Гьелъул чирахъ ккола КьегІер.
24
Гьеб канлъухъе хьвадизе руго халкъал; дуниялалъул парччахІзабазги жидерго бечелъи кьезе буго гьеб шагьаралъе.
25
Къад-къад гьелъул каваби киданиги къаларо, сардалги гьенир рукІинего рукІунаро.
26
Халкъазги гьеб шагьаралъе кьела жидерго бечелъиги къиматабщинабги.
27
Хъублъи киданиги лъугьине гьечІо гьенибе. Инжитабщинабги гьересиябщинабги жинца гьабулев чиги гьеб шагьаралда жаниве лъугьинаро. Лъугьина КьагІрихъ бугеб гІумруялъул тІехьалда жидер цІар хъванщинал.
← Chapter 20
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 22 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22