bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Revelation 6
Revelation 6
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 5
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 7 →
1
Дида бихьана КьагІрица доб анкьабго мугьруялъул цояб тІезабулеб. Доб ункъабго рухІчІаголъиялъул цоялъ, цевегІан къан валагьеян, зоб гъугъалеб гІадинаб гьаракь гьабуна.
2
Дун валагьана. Гьале дида цебе буго хъахІаб чу. Гьелда рекІарасухъ чІорбутІ буго. Гьесухъе таж кьун букІана ва, бергьиналда ракІчІарав чи кинигин, вачІунев вукІана гьев бергьенлъи босизе.
3
КьагІрица кІиабилеб мугьру тІезабуна. КІиабилеб рухІчІаголъиялъги абуна цевегІан къан валагьеян.
4
КъватІибе бачІана билбагІараб чу. Гьелда рекІарасе ихтияр кьун букІана, гІадамал цоцаца чІвазаризелъун, гьаб ракьалдаса рекъел лъугІизабизе. Гьесухъе кьун букІана кІудияб хвалчен.
5
КьагІрица лъабабилеб мугьру тІезабуна. Лъабабилеб рухІчІаголъиялъги абуна цевегІан къан валагьеян. Дун валагьана. Гьале дида цебе буго чІегІераб чу. Гьелда рекІарасда кодор цІадираби руго.
6
Доб ункъабго рухІчІаголъабазда гьоркьосан цо гьаракь рагІана дида: «Ролъул цо сахІалъул багьа — цо динар, пурчІинадул лъабго сахІалъул багьаги — цо динар. Зайтуналъул гъутІбиги цІолбол гъабуги къотІуге».
7
КьагІрица ункъабилеб мугьру тІезабуна. Ункъабилеб рухІчІаголъиялъги абуна цевегІанги къан валагьеян.
8
Дун валагьана. Гьале дида цебе буго канчІгІурччинаб чу. Гьелда рекІарасда цІар буго Хвел. Гьелдаго хадуб цун бачІунеб буго ЖужахІ. Хвалчадалъун, ракъудалъун, вабаалдалъун ва ракьалда ругел жанавараздалъунги гІадамал хвезаризе, гьаб тІолабго ракьалъул ункъил бутІаялда тІад кверщел кьун буго гьеб кІиялъего.
9
КьагІрица щуабилеб мугьру тІезабуна. Къурбан хъолеб бакІалда гъоркь дида рихьана Аллагьасул рагІи сабаблъун ва жидеца гьабураб нугІлъи сабаблъунги чІваразул рухІал.
10
Кутакаб гьаракьалдалъун гьез ахІулеб букІана: «ХІакъав ва Мукъадасав БетІергьан, кидалъагІанха гьаб ракьалда ругел гІадамал дуца тамихІ гьабичІого ва нижер бидухъ къисас босичІого тун ругел?»
11
Гьезул щивасе кьун букІана хъахІаб ретІел ва гьезда абулебги букІана нуж цодагьаб мехалъ чІайин, — нужго гІадин чІвазе ругел нужер гьалмагъзабиги вацалги тІаде журан, гІураб къадар ккезегІан чІайин.
12
КьагІрица анлъабилеб мугьруги тІезабуна. Кутакалда ракь багъарана. Бакъги чІегІерлъана, чІегІераб сугъур гІадин; рещалъараб моцІги би гІадин багІарлъана.
13
Хасел тІаде щвезегІан гъотІодаго хутІарал инжирал кутакаб гьороца рортизарулел гІадин, цІвабиги ракьалде рортун рачІана.
14
Кагътил тІамач гІадин, зобалги сукІун ана. Киналго мугІрузги чІинкІиллъабазги жидерго бакІ хисана.
15
Ракьалда ругел парччахІзаби, чІахІиял хІакимзаби, рагъул церехъаби, бечедал гІадамал, къо-асс бугел чагІи, киналго лагъзал ва уздензабиги мугІрузул нохъазда ва кьурабалъ рахчана.
16
МугІруздаги кьурабаздаги абулеб букІана гьез, жидеда тІаде рортун рачІун, жал рахчейин тахида чІарасул бераздасаги КьагІрил ццидадасаги.
17
«Гьезул ццидал кІудияб къо тІаде щун буго! Лъида гьеб хІехьезе кІолеб!»
← Chapter 5
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 7 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22