bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Revelation 14
Revelation 14
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 13
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 15 →
1
Дун валагьана — гьале Сион магІарда буго КьегІер ва гьелда цадахъ вуго гьелъул цІарги ва гьелъул Инсул цІарги надалда хъварав нусиялда кІикъоялда ункъазарго чи.
2
КІудияб чвахелоялъул гІадинаб яги зоб гъугъалеб гІадинаб гьаракь рагІана дида зодисан. Гьеб гьаракь релълъун букІана арфаби бачунезул бакъназда.
3
Тахалда цебе, ункъабго рухІчІаголъиялдаги хІакимзабаздаги цебе цІияб кечІ ахІулеб буго гьел гІадамаз. Дуниялалъухъа ричун росарал гьел нусиялда кІикъоялда ункъазарго чиясда гурони, цоги лъиданиги кІвечІо гьеб кечІ ахІизе ругьунлъизе.
4
Гьезул цонигияс чІужу ячинчІо. РацІцІадал ругелъулха гьел! Гьел руго, кибехун гьеб аниги, доб КьагІрида хадур унел гІадамал. Гьел руго цогидал гІадамазда гьоркьоса ричун росарал чагІи. Гьел руго Аллагьасеги КьагІриеги назру гьабураб тІоцебесеб рижилъун лъугьарал гІадамал.
5
Цониги гьереси инчІо гьезул кІалдиса къватІибе. Аллагьасул рацІцІадал вализаби руго гьел.
6
Ва цоги малаик вихьана дида зоб бакьулъан воржун унев. Гьесухъ букІана ракьалда бугебщинаб миллаталда, наслуялда, мацІалда ва халкъалда бицине абадияб Рохалил хабар.
7
Кутакаб гьаракьалдалъун ахІана гьес: «Аллагьасукьа хІинкъа ва гьесие рецц гьабе, гьес суд гьабулеб сагІат тІаде щун бугелъул! Зобги, ракьги, ралъадги ва лъадал иццалги рижарасе сужда гьабе!»
8
Гьесдаго хадув цун вачІунев вукІана цоги малаик. Гьес ахІана: «Вавилон шагьар щущан ана! Щущан ана жиндир гьалагаб хъахІбалъиялъул чогърол лълъар тІолалго халкъазда гьекъезабураб кІудияб Вавилон!»
9
Гьездаго хадув цун вачІунев вукІана лъабабилев малаикги. КІудияб гьаракьалдалъун гьес ахІана: «Жанаваралъе яги гьелъул сураталъе сужда гьабурасги ва надалда яги квералда гІуж бан бугесги
10
гьекъезе буго Аллагьасул тамихІалъул лълъар. Гъорлъе лъим жубачІеб чагъирлъун гьелда жаниб букІина Аллагьасул ццин бахъин. Илагьиял малаикзабаздаги КьагІридаги цебе, цІадулъеги чІабтІилъеги рехун, гьезие гІазаб-гІакъуба гьабила.
11
Абадул абадиялъго эхеде унеб букІина гьезие бугеб гІазаб-гІакъубаялъул кІкІуй. Жанаваралъе ва гьелъул сураталъе сужда гьабуразе ва гьелъул цІаралъул гІуж лъуравщинасеги я къад, я къаси рахІат-хІалхьи букІине гьечІо».
12
Аллагьасул халкъалъул сабру букІине кколеблъи бичІчІулеб буго гьел рагІабаздасан. Аллагьасул халкъ ккола гьесул амруялги тІуразарулел ва ГІисаде иманги лъурал гІадамал.
13
Зодисан гьадин ахІулеб гьаракь рагІана дида: «Хъвай: гьардарал гурелдай гьанжеялдаса хадур холеб мехалдаги ТІадегІанасде иман лъурал гІадамал». ХІакълъунго гьедин бугилан абулеб буго Илагьияб РухІалъ. Жидерго захІматаб хІалтІудаса хадуб гьезие хІалхьи букІина, — жидеца гьарурал гьунаразухъ шапакъат щвезе бугелъулха гьезие.
14
Дун валагьана — гьале хъахІаб накІкІул парча. Гьеб накІкІул парчаялда тІад гІодов чІарав релълъун вукІана ГІадамил Лъимада. Гьесул бетІералда тІад букІана меседил таж, хъатикь букІана рекІараб нилъ.
15
Аллагьасул кІалгІаялъуса къватІиве лъугьун вачІана цоги малаик. НакІкІул парчаялда тІад вугесде кутакаб гьаракьалдалъун ахІана гьес: «Босун дурго нилъ хьвагІе, лъилъаризе заман щун бугин ракьалда».
16
НакІкІул парчаялда тІад гІодов чІарас ракьалда тІасан нилъ хьвагІана ва ракьалда бугебщинаб лъилъана.
17
Зобалазда бугеб Аллагьасул кІалгІаялъуса къватІиве лъугьун вачІана цоги малаик. Гьесда кодобги букІана рекІараб нилъ.
18
Къурбан хъолеб бакІалдасахун вачІана цІадул кверщел бугев цоги малаик, ва доб рекІараб нилъ кодоб ккун бугесде кутакаб гьаракьалдалъун ахІана гьес: «Босун дурго нилъ хьвагІе, ракьалда рижарал цІолбол хьопал къотІе, гьезда цІибил барщун бугин».
19
Малаикас ракьалда тІасан нилъ хьвагІана, ракьалда бугеб цІибил къотІана ва Аллагьасул ццидал кІудияб чаналъубе бана.
20
Гьеб цІибил мерхьана шагьаралдаса къватІибехун. Ва гьеб чаналъуса къватІибе чвахун бачІараб бидул цІуна лъабнусго километралда тІолабго сверухълъи, чу тІерхьунеб гІадаб хІор лъугьана гьениб.
← Chapter 13
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 15 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22